МагъчIваялъе рес

Медикасул гъалатIалдасан лъимер хвана


Гъуниб мухъалъул азарханаялда хIалтIулел тохтуразул гъалатI сабаблъун, лъабго моцI бараб лъимер хун буго . Хвараб лъимадул эбел-инсуца ва гIага-божараз гIайибиял тамихIалде цIай тIалаб гьабулеб буго ва гьединаб лъугьа-бахъин тIоцебесеб гурин абулеб буго.

Гъуниб мухъалъул азарханаялъул хъвай-хъвагIаязда рекъон, Раджабова ПатIимат гьение лъимергун ячун ячIун йиго Къорода росдал азарханаялдаса. Тохтурзабаз чIезебун буго лъимадул цIа-кан бугин гьалда квач хъван батизе рес бугилан. Мухъалъул азарханаялда анкь гIанаб мехалъ мекъаб дару-сабаб гьабулеб букIанин лъимаде. Гьеб щинаб мехалъ жидеца тIалаб гьабулеб букIанила лъимерги эбелги шагьаралъул азарханаялде ритIейилан, амма гьеб жидеда тIадаб гьечIилан гьел гIинде гьарун гьечIо. Ахирги, анкь гьениб бан, лъимер гьорон ва бидурихьал сун ран, бажарулеб жо гьечIолъи лъайдал ритIанила хехаб кумекалъул машинаялда МахIачхъалаяде. МахIачхъалаялда азархана бугеб бакIго лъалеб батичIила цадахъ йитIарай тохтуралдайин баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе ПатIиматил эбел Шумайсатица.

Раджабова Шамсият: «ЙитIун анкь бана азарханаялда, мекъи ссун бидурихьалгун дараби риччана. Гьезда цадахъ якьадги йикIана. Лъималазул азарханаялде ритIун рачIине кколаан гьел. Амма гьел ритIун ратана Гьуърузул азарханаялде. Я машин бачунесда, я цадахъ йикIарай тохтуралда щибго лъалеб букIун гьечIо. Мекъияб азархана букIин бичIчIидал,гьениса тохтурзабаз лъималазулалде ритIун рачIана. Гьениб мекъа дару гьабун бугин, битIундару биччан гьечин бидулъейин абуна тохтурзабаз. Гьез кигIан хIаракат бахъаниги мекъи гьарурал дарабаз хIасилалда ургьисалаби хIалтIичIо. Тохтуразда лъимер хвасар гьабизе кIвечIо».

Шумайсатил рагIабазда рекъон, лъималазул азарханаялъул тохтуралъ гIарз бахъун буго мухъазул азарханаяздаса рагIалде иш бакIарараб мехалъ гурого ритIун рачIунарин шагьаралде. ХIасил калам, цIа-кан бугеб лъимадуе гьуърузул унтуда данде дару гьабун буго, хIакъикъаталда чехь-бакьазул унти бугеб мехалъ.

Гьел тайпаялъул лъугьа-бахъинал къанагIалъи гурин жакъа ругелин баян гьабуна Медикияб академиялъул хIалтIухъан, педиатр Караева Зульфияца. Жакъа тохтурзаби щуго соналда жанир цо нухалъ рачIунел руго квалификация борхизе МахIачхъалаялде, амма гьеб МахIачхъалаялда гуреб, цебетIураб аппаратура ва цогидал методал ругел батIиял шагьаразул азарханаялда гьабизе кколеб буго.

Зульфия Караева: «ГъалатIал гIемер ккола. Азарханаязда кколеб оборудование гьечIолъиялъги жалго тохтуразул лъайгьечIолъиялъги. Шибаб къойил дандчIвала гьеб тайпаялъул лъугьабахъинал. Лъималазул хвелги гьитIинаб къадар гьечIо. МахщелгIунгутIи, лъайгьечIолъиги, гьелдаго цадахъ, азарханаялда къваригIараб дару-сабаб гьечIолъиги ккола гьелъие гIилла».

Гьел мухъазул азарханаялда гьабулеб хIалтIул агъаз гьабичIолъиялъул хIасилалда гьезул тIаса-масаяб бербалагьи букIунин унтараздехунин баян гьабуна тохтуралъ.

Лъималазул хвалда хурхун эбел-инсуца гIайиб гIунтIизабуниги тохтурал жидерго хIалтIуда хутIулел руго. Масала, кирего ун гьечIо ЦIунтIа мухъалъул азарханаялъул хIалтIухъаби. Гьезул гIайибалда хун букIана гьанже гьабураб лъимер, мухъалдаса МахIачхъалаялъул азарханаялде УАЗ машинаялда битIун. Лъимер хвараб улбуз Дагъистаналъул бетIерасухъе хъван букIана кагъат, амма гьелъул щибго хIасил ккун гьечIо.

Сахлъи цIуниялъул министерлъиялъул баяназда рекъон гьарурал лъимал хвеялъул аслияб бутIа кколеб буго мухъазул азарханаязда.

Амма шагьаралъул азарханаяздаги гуро кинабго лъикI бугеб: ункъо соналъ цебе КIиабилеб лъимал гьарулеб рукъалда сверун бахъун букIана ахIи, гьений тохтуразул кумекги щвечIого хвана Елена Ибрагьимова, лъимерги хвасар гьабизе кIун гьечIо. Гьеб тIоцебесеб гуро гьединаб лъугьа-бахъин букIараб лъимал гьарулеб рокъоб. ГIайибиял тамихIалде ахIун руго, амма ахIвал-хIал хисун гьечIо; 2012 соналъ гьебго лъимал гьарулеб рокъоб Сакинат Расуловалъул лъимер хун буго. Улбуз гIайиб гIунтIизабулеб буго тохтурзабазде, амма тохтурзаби чIун руго гьеб хварабго гьабун букIанилан. Дагъистаналъул сахлъи цIуниялъул министерлъиялъул баяназда рекъон, 2014 абилеб соналъ республикаялда кинабниги 49567 лъимер гьабун буго, гъоркь соналде данде ккун гьеб 2064 лъимералъ цIикIкIун буго. Гьелдаго цадахъ хварал лъималазул къадар буго 15 лъимер.

XS
SM
MD
LG