МагъчIваялъе рес

ЦIалул идараби къазеги рес буго…


Дагьалъ цебе Россиялъул гIелмуялъулгун лъай кьеялъул министерлъиялъ гьабураб цIех-рехалдаса хадур Дагъистаналда ругел цо-цо цIалул тIадегIанал идараби къазегицин рес буго. КъангутIиялдаса гьел хвасарлъизе бегьула 7 ноябралде цебехун рехсараб министерлъиялде гьез хасаб документ битIанани.

Гьениб хъван букIине ккола пуланаб вуз яги филиал чара гьечIого къваригIун бугин Дагъистаналъе, социалиябгун экономикияб рахъалъ республикаялъе гьелъул кIвар кIудияб бугилан.

ПалхIасил, пайда гьечIел вузазул сияхIалда гъорлъе ккун руго ДГМА, ДГПУ, ДГТУ, ДагГАУ, гьединго Россиялда ругел вузаз нилъер гьаниб рагьараб 14 филиал. Гьеб цIех-рех гьабулел чагIазул ракI рекъон буго гIицIго ДГУялъул ва 15 филиалалъул хIалтIуда.

Дагъистаналъул вузазда бан Россиялъул гIелмуялъулгун лъай кьеялъул министерствоялъ мониторинг гьабун буго исана 15 августалдаса 15 сентябралде щвезегIан. ХIисабалде босулеб букIун буго халкъазда гьоркьосебгун финансазулгун экономикаялъул рахъалъ гьабулеб хIалтIи, вузазул инфраструктура. Гьединго къимат кьолеб мехалда балагьун руго гIадатиял хIалтIухъабазда дандеккун, батIи-батIияб даражаялъул гIалимзабазул къадар кигIанасеб бугебалиги.

ДГМАялъул ректор ГIабдурахIман ГIусмановас: «КIиго къоялда жаниб гьабураб отчеталъул хIасилалда гьабураб мониторинг буго гьеб. Гьедин гIедегIалихъе цIезарулел документазда гъалатI биччан батана нижер хIалтIухъабаз. Гьединлъидал нижеца киналго рахъал рихьизарун документал цIидасан ритIизе руго Москваялде. Гурони пайда гьечIебин кин абизе бегьулеб 80 сон бараб цIалул тIадегIанал идарабида? Аслияб анлъго факультетги, анкьабилеб – дипломалда хадусеб лъаялъул факультетги бугеб вуз ккола гьеб.

КъватIиса пачалихъаздаса студенталги хIадурула нижеца. Доре тIадруссун хадур гьезда бачIинахъего кьезе кIолеб буго жидер диплом тасдикъ гьабулеб экзамен. Лъай кьеялда сверухъ улкаялда хIалел жал ричIчIизе захIмалъулел руго…».

Кин батаниги, республикаялъул цIалул тIадегIанал идарабаз къватIире риччалел студентазул лъаялда бигьаго дагIба базе бегьулеб хIал лъугьун бугин хасго ахираб 10 соналда жанибин абуни мекъи ккеларо. Гьеб рахъалъ Россиялъул лъай кьеялъулгун гIелмуялъул министерлъи къвакIун чIей сунда бараб букIинебаниха. Гьединго гьелъ чIванкъотIун цIалул тIадегIанал идарабазул суал цебе лъураб нилъер республикаялъул тIалъиги буго санагIатаб гуреб бакIалде ккун. Унголъунги чара гьечIого республикаялъе хIажаталлъун кинал цIалул тIадегIанал идараби гьелъ рихьизарилел абураб суал буго гIажаибаб…

XS
SM
MD
LG