МагъчIваялъе рес

Щай къараб мадраса?


Хасавюрт мухъалъул ЦIиябсасикь росдал мадраса къазе хIукму гьабуна гьал къоязда гьеб мухъалъул дивнханаялъ. Мадраса хIалтIизе лъугьаралдаса бан букIун буго гIицIго цо лъагIелги хадубги заман. Гьелда разигьечIолъи загьир гьабун прессаялдасан церерахъун ахIи-хIур бахъинабуна гьеб росдал гIадамаз.

Мадраса къаялъе ккараб гIиллалъун Хасавюрталъул прокуратураялъ бихьизабуна гIелмияб лъай кьеялъул программа билълъанхъизабизе хIажалъулеб пачалихъалъулаб лицензия букIинчIин гьелъулилан.

Прокуратураялъ тIобитIараб халгьабиялдаса хадуб тIатараб хIужа ккола гьеб. Гьелда рекъон прокуратураялъ тIалаб гьабуна гьеб мадраса къазе кколилан. Хасавюрт мухъалъул тасдикъ гьабуна гьеб хIукму. Гьеб хIукму гIумруялде бахъраблъун лазе гьабун буго июлалъул 16-абилеб къоялъго. Амма гьелдасаги хадубги мадраса хIалтIулеб батун буго. ТIубанго гьеб къараблъун лъазабуна августалъул тIоцебесеб къоялъ.

Прокуратураялъ гьабураб хIукму битIараб кколилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе мадрасаялъул хIалтIухъан ЦIиябсасикь росулъа ПатхIулаев МухIамадица. Мадрасаялъул хIакъикъаталдаги букIинчIин гьеб лъай кьолеб идара хIисабалда тасдикъ гьабураб лицензия. Гьелъие щибин букIарабилан гьикъидал документазул иш рукIалиде бачIинабизе хIукуматалъ квал-квал гьабунин жидеегиян абулеб буго МухIамадица.

Интернеталда гьединго хъвалеб букIана ЦIиябсасикь росадал мадарсаялда цIалулел санаде рахинчIел лъималазул квешаб хьвада-чIвади бугилан абун чанго нухалъ гьениреги рачIун полициялъул хIалтIухъабаз гьел лъималазул сураталги рахъун гьел жидерго хасаб сияхIалде росизехъин рагIулилан. Амма гьеб баян тIубанго уяб гьечIилан абулеб буго ПатхIулаев МухIамадица.

ПатхIулаев МухIамад: «ЦIалудаса хадур лъимал эбел-инсуда аскIоре щвеялъул мурадалда гьабулеб хIалтIи букIана гьеб, хасаб сияхIалде росиялъул бицен букIинчIо гьениб».

ЭР. Мадрасаялда чан чи цIалулев вукIарав?

ПатхIулаев МухIамад: «ГIисиналги чахIиялги малълъун кинавниги 100 гIансев чи вукIана. Аслияб куцалъ гьел рукIана Рамазан моцIалъ гьенире рачIарал чагIи»
Гьеб мадраса базе байбихьилалде Муфтиясдаги, тIарикъаталъул устарзабаздаги, чIахIиял гIалимзабаздаги гьикъун, магIарул цогIаги росулъ гьечIеб, цIакъ хIажатаблъунги рикIкIун, нус- нус бусурбабиги гIахьаллъун бан букIанин мадраса, базеги бищун лъикIал сурсаталги алаталги хIалтIизарун, гьанже заманалде данде кколеб хIалалъилан бицана Эркенлъиялъе Ц1иябсасикьа Сайгидах1мадов Ах1маднабица. Гьенир цIализе бокьаразул къадарги цIакъго цIикIкIараб букIун, тIоцере конкурс гьечIого росанин Дагъистаналдасаги Россиялъул цойгидал регионаздасаги бесдал лъимал. Росдал школалдаса бищун лъикIал мугIалимзабиги лъуна гIурус цIали малъизе, Къуръан малъизе хIафизалги лъуна. Жакъа 40 чи хIукуматалъухъа гъурущ босичIого жанир хIалтIулеб мадраса къаялъе гIилла бичIчIуларо. Гьеб бичIчIулеб гьечIин гьеб къазе рачIараздаги. Армиялдаги рачинчIони, ЕГЭялъухъ кьезе ва институтазда цIаларалъухъ кьезе гIарацги эбел-инсул гьечIони, мадрасабиги къани, гIолохъабаз щибха гьабизе бугеб? Квешлъи гьабулезда гьоркьор ккелинха гьел.

ЦохIо ЦIиябсасикь гуребги Дагъистаналъул батIи-батIиял мухъазда жегиги 10 мадраса къалеб бугилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналъул рухIияб идарялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулев ГIумаров МухIамадрасулица. Гьел къазе хIукму гьабурал чагIи кколин Россиялъул юстициялъул минстерлъи, гIилла - гьезулги лицензия гьечIолъи. Гьедин гьанжеялдего къан рагIула МахIачахъала ГIахъушиясул проспекталда КъурамухIамад ХIажил цIар кьураб мажгилад аскIоб бугеб мадраса, халкъалда гьоркьоб гьелда абулеб буго лъебелазул мадрасайилан. Гьединго къан рагIула ЧIикIаб росулъ ва Буйнакск шагьаралда ругелги мадрасаби.

Дунялалъул рагIалда гIадин бугеб Сасикьдерил мадраса къанилан ахIи-хIур бахъинабулел ругин гьел, амма гьеб анцIгогIан церетIурал, чIахIиял мадрасаби къаниги жидеца сихI къватIибе бахъинчIилан бицана МухIамадрасулица.

ГIумаров МухIамадрасул: «Къарал мадрасабиги цогидалгун цолъизарун гьезул хIалтIи чIун хутIичIого букIине санагIат ресал ралагьулел руго нижеца. Гьел гIадин тIодлабаго дагъистаналде ахIи базе лъугьинчIого сабурго чIун руго. Сасикь росдал мадарсаги нижги цадахъ гIахьаллъун бараб букIана. Мунагьал чураяв Макъсуд Садикъовасул хIаракатлдалъун гьабураб ишги букIана гьеб. Гьезул мадрасаялда хIалтIулев Сасикьа ГIабас абураб чиги экспертнияб бутIаялда хIалтIулев, нижергун пикруцояв чи ккола. Щибниги гьеб мадраса рагьиялда дандечIарал чиги ниж рукIинчIо. ХIукуматалъул рахъалдаса чагIиги рачIун гьез хIукму гьабуна гьеб къазе. Цо пачалихъалда гIумру гьабун ругебгIан заманаялъ гьелъул къануназ малълъараб гьабизе ккола нилъецаги».

Аза-азар бусурманчияс садакъаде кьураб гIарцухъ бараб, нусго миллионалдасаги цIикIкIараб багьаялъул минаги, росдал гIолохъабазе чара гьечIого хIажатаб спорткомплексги, бесдал лъималги къватIире гъун, гьеб къаян Рамазаница амру гьабунилан абураб рагIуда божизе кIолеб гьечIилан абулеб буго Ц1иябсасикь росулъа СайгидахIмад АхIмаднабиевас. Амма республикаялъул нухмалъулес гьединаб хIукму гьабун букIиналъул баян лъицаниги тасдикъ гьабулеб гьечIо.
XS
SM
MD
LG