МагъчIваялъе рес

ХIалтIул лъагълъиялдаса ункъо чи хвасар гьавуна Дагъистаналда


ХIалтIул лагълъун ккарав Вячеслав
ХIалтIул лагълъун ккарав Вячеслав

Кирпич къотIулеб заводалдаса хIалтIулесухъа гIарац бахъулев полициялъулав ккуна гьал къозда МахIачхъалаялда. Заводалдаса хIалтIулев цIехолев вукIун вуго гIагарлъиялъ, гьев июлалъул байбихьуда вилун вуго Москваялда.

«Альтернатива» багъа-бачариялъул лъазабиязда рекъон, 16 июлалда гьезухъе гIарзагун вачIун вуго Москваялдаса ХIакимов Андрей. Гьес абун буго 6 июлалда жиндир вац Роман виланин ва жиндихъ информация бугин гьев Дагъистаналда бугеб кирпич къотIулеб заводалда вугевлъи.

Романица вацасухъе ахIун буго, заводалдаса хважаинас жив нахъе вичалев гьечIилан гIарац кьун гурони. «Альтернативаялъул» активистал рачIун руго Дагъистаналде ва полициялде ун руго жидее кумек гьабеян Роман хвасар гьавизе. Вацас Романихъе ахIун буго жинца гIарац битIилин ва гьеб босизе почтаялде айилан.

Романгун цадахъ гIарцуда хадув вачIун вуго цо чи. Полициялъ ккурав мехалъ лъан буго гьев чиги полициялъулав вукIин. Гражданияб ретIелги ретIун вукIарав гьев полициялъулав жанисел ишазул идараялде вачун вуго.

Гьениб гьес бицун буго Романица жинцаго абунин гIарац полициялъуласе кьезе бугин, щайгурелъул гьев чияс хIалтIи балагьанин жиндиеилан.

«Альтернатива» багъа-бачариялъул Дагъистаналда бугеб офисалъул нухмалъулев Закир ИсмагIиловас бицана, Москваялда Лъабго вокзалалъул майданалда пиво гьекъолев Романида аскIове вачIанин цо нухлулав.

Гьевгун хабар ккун буго Романил. Гьев чияс пиводул шиша босун Романие. Щиб хадуб ккарабали Романида ракIалда гьечIо, амма лъавуда гьев вачIун вуго кирпич къотIулеб заводалда Дагъистаналда.

Цадахъ рукIарал документалги телефонги гьесда батун гьечIо. Гьев хIинкъизавун вуго заводалда ва хIалтIизе тIамун вуго. Жив нахъе вичани, гIарац кьезе бугин абун гурони Романихъе телефон кьун гьечIо заводалъул хважаинас. Гьедин гьес вацасда лъазабун буг жив Дагъистана вукIин.

«Альтернатива» багъа-бачариялъул лъазабиязда рекъон Романица Дагъистаналъул полициялда гIарза тун гьечIо. Гьев хIинкъун вуго гьеб гIарзаялъ гьесие жиндиего зарал гьабилин. Гьелдалъун гьевгун почталда вачIарав полициялъуласеги тамихI гьабизе гьечIо. ГьабсагIат Роман Москваялда вуго.

ХIалтIул лъагълъиялъул цогидаб хIужжаялъулги бицана «Альтернатива» багъа-бачариялъул волонтераз «Эркенлъи» радиоялъе.

МахIачхъалаялде жанир ричалел полициялъул посталда аскIов гьезда ватун вуго бецав Вячеслав. КIиго сон бан буго гьес лъагълъиялда. Гьесул хважаинас гьев вухулев вукIун вуго, гьелдалъун Вячеслан бецавлъун лъугьана.

2010 соналда Краснодаралдаса Вячеслав Читаялда бугеб туснахъалде витIана. Патронал цIуниялъулъ гIайибавлъун гьев вугин хIукму къотIана диваналъ гьесие. Туснахъалдаса нахъе вичалеб мехалда гьесие билет босун буго Москваялда щвезегIан.

Краснодаралда тIадвуссине гьесул рес букIун гьечIо. Гьелдалъун гьес чанги анкь бан буго Москваялъул вокзалазда. Цояб вокзалалда гьесда аскIове вачIун вуго цо чи. Гьес абун буго Вячеславида Дагъистаналда лъикIаб хIалтIи бугин ва цо моцIалъ гьенивги хIалтIун гьев Краснодаралде ине бегьулин.

Рес къотIарав Вячеслав разилъун вуго ва автобусалдаги рекIун Дагъистаналде щун вуго.

Кирпич къотIулеб заводалда щваравго, гьесухъа документал рахъун руго. Заводалда жив мех-мехалдаса вухулев вукIанин, бицана Вячеславица. КIиго сон бан буго гьес гьеб заводалда цохIо кванихъ хIалтIухъ.

Хадуб бецлъарав гьев заводалъул хважаинас вичун вуго гIачи ккурав цо чиясе. Бецав хIалтухъанасдаса пайдаги батичIого, гьев чияс Вячеслав трассаялда рехун вуго.

Полициялъул посталда киналиго щун вуго Вячеслав ва гьеб посталда ругел Тюменалдаса полициялъулаз гьесие квен кьолеб букIун буго. Гьеб посталда ватун вуго гьев «Альтернатива» багъа-бачариялъул волонтеразе.

ГьабсагIат гьев Москваялъул азарханаялда вуго. Сах гьавун хадув гьев Краснодаралде витIилин, лъазабулеб буго «Альтернатива» гIуцIиялъ.

Гьал къоязда инсанасул ихтиярал цIунулеб «Мемориал» гIуцIиялъги кумек гьабуна кирпич къотIулел заводаздаса лъутаразе.

Гьеб гIуцIиялъул вакил Елена Денисенкоца бицана жиндихъ Сарыкум барханалда бугеб заповедникалдаса лъалев чи кIалъанин, гьенире заводалдаса лъутарал рачIанилан.

Елена Денисенко: «Жидехъе лъагъзал рачIанин ва кинаб кумек гьезие гьабилебали лъаларин кIалъана дихъе заповедникалдаса гьудул. Москваялдаса росги лъадиги ратана гьенир дида.

Гьез бицана жал Каспийскалда аскIоб бугеб заводалдаса лъутанин, жидее харж кьолеб букIинчIилан. Волонтералгун гьеб заводалде ана дун.

Гьенир лъабго моцIалъ хIалтIулел рукIана дол лъутарал, амма харжлъун гьезие къоазарго гъурущ гурони кьечIо.

Цадахъ рукIарал полициялъулазги щибго гьабичIо. Амма хIасил-калам дол кIигоял гьанже рокъоре щвана».

«Альтернатива» багъа-бачариялъул лъазабиязда рекъон, исана Дагъистаналда хIалтIул лагълъиялдаса гьез хвасар гьавуна лъеберго чи.

Гьел хвасар гьариялъе полициялъги кумек гьабуна, амма лагъзал ккун рукIарал чагIазе тамихI гьабизе хIаракат бахъулеб гьечIо низам цIунулезилан лъазабулеб буго «Альтернативаялъ».

Хурхен бугеб

XS
SM
MD
LG