МагъчIваялъе рес

МагIарухъ цIидаса автомобиль бортана


Рузман къоялъул радал Дагъистаналъул Аты мухъалда гIурулъе бортун буго щуго чи жанив рекIарав автомобиль. Гьезул кIигояв хун вуго, лъабго лъимер захIматго лъукъун азарханаялде регизарун руго. Хасгьабун гьезие кумек гьабизе Ахтыялде ун руго Россиялъул гIорхъолъа арал ишазул министерлъиялъул тохтурзаби.

6 июналъул радал 8 тIубараб гIадаб мехалда Ахты мухъалда 20 метраялъул борхалъудаса гIурулъе бортун буго щуго чи жанив рекIараб автомобиль. Гьел рукIун руго пачалихъалъул цогояб экзамен кьезе Атыялде рачIине рукIарал Фий росдал школалъул нухмалъулев, гьевхисулев ва 9абилеб классалъул лъабго цIалдохъан.

Написат МухIамадова: «КIиго ясги цо васги захIматаб хIалалъ лъукъ-лукъун Ахтыялъул азарханаялда руго, школалъул нухмалъулевги гьев хисулевги хунги руго. Гьеб лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ рагIарабго нижер хIалтIухъаби ана гьенире, гьезда цадахъго руго Россиялъул ГIорлхъолъа арал ишазул министерлъиялъул тохтурзабазул къокъаги. Гьел лъималазул щиб хIал бугеб, гьел азарханаялдаса кирениги рачунищали жеги лъалеб гьечIо. Нижер тохтурзабаз халги гьабун хадуб гурони лъаларо гьелъул хIакъикъат. Гьединго нижер хIалтIухъабиги, цIех-рехчагIиги цадахъ лъугьун гьеб авария ккеялъе гIилла чIезабулел руго, амма жеги гьеб мухIканго лъалеб гьечIо. Гьениб бокьараб жо букIун батизе бегьула, гIедегIун бачIине букIун батизе бегьула гьеб автомобиль, цойги гIиллаби ккун ратизеги бегьула, жеги щибго лъаларо.»
Ахты мухъалда ботараб автомобиль. МЧСалъул хIалтIухъабаз бахъараб видеоялдаса сурат.
Ахты мухъалда ботараб автомобиль. МЧСалъул хIалтIухъабаз бахъараб видеоялдаса сурат.

Гьеб балагьаб лъугьа-бахъиналъе гIилла жеги чIезабун гьечIониги, чанго къоялъ цебе ЦIунтIа мухъалда I7 чи рекIараб автомобиль гIурулъе бортиялъе гIилла чIезабун буго цIех-рех чагIаз. Гьеб лъугьа-бахъиналда хурхун Дагъистаналъул цIех-рехчагIаз такъсиргьабиялъул иш рагьун буго. Гьениб бихьизабун буго авария кканила автомобиль букIине кколеб хIалалъ къачIан гьечIолъиялъ ва гьеб бачуне вукIарав чияс бегьулелдаса цIикIкIун гIадамал жанир рекIинари. Амма бакIалъул гIадамаз лъазабулеб буго гьебги цойги гьеб нухда лъагIалида жанир кколел анцI-анцI авариязеги гIиллалъун бугила хвараб, чанги саназ къачIачIого тараб нух.

Гьеб нухлул хIакъикъат цIехезе «Эркенлъи» радиоялъул мухбирас ахIана Дагъистаналъул нухазул идараялде. Гьезие кьезе чанги суалалги рукIана, амма дагьаб хадуб ахIейиланги абун гьезул вакилзабаз къохаласа чанцIул ахIаниги жаваб кьечIо.

Жакъа къоялде гьеб ЦIунтIа ккараб авариялъул хIасилалда хун вуго микьго чи, кIиго гьитIинаб лъимер кибе арабали лъачIого тIагIунги буго. Щибаб къоил гьел ралагьизе рахъунел руго ЦIунтIа, ЦIумада, Болъихъ ва Гумбет мухъалъул гIадамал ва гIорхъолъа арал ишазул министерлъиялъул хIалтIухъаби, амма жеги гьел ратулел гьечIо. Гьеб авариялда сакъатлъи ккаразе кумек гьабизе ккани гьел Москваялде рачине, 5 июналда Дагъистаналде рачIун буго Россиялъул гIорхъолъа арал ишазул министерлъиялъул тохтурзаби ва хасаб самолет. ГIорхъолъа арал ишазул министрелъиялъул пресс-хъулухъалъул хIалтIухъан МухIамадова Написатица бицухъе гьел жакъа роржине кколел рукIун руго ЦIумада мухъалъул Агъвали азарханаялда регизарун ругел авариялда чорхое заралккаразухъе, амма Ахтыялда авария ккун цин гьел гIадамазе кумекалъе гьенире ун руго тохтурзаби. Гьениса руссун хадуб Агъвалиреги ун гьенир регаразухъ халги гьабун, гьезул щив Москваялде вачине кколевалиги чIезавизе кколев вуго гьез.

Написатица бицухъе МахIачхъалаялда лъималазул азарханаялда регизарун ругел 7 ва II сон барал ясал Москваялде рачине кколин лъазабун рагIула гьел тохтурзабаз. Гьезул кIиязулго цIакъ кьабун ругила бутIрул, тIу-тIузарун бугила ургьи-мес, гIемераб мехалда цIорораб лъелъ хутIиялъги гьезул хIал дагьабги цIакъ захIмалъизабунги бугилан абулеб рагIула тохтурзабаз.

Дагъистаналъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазаницаги гьеб ЦIунтIа мухъалда авария ккун хадуб киназдаго зигараги бан, лъазабуна гьеб лъугьа-бахъиналда хурхун республикаялда 5 июнь чIегIер бараб къолъун лъазабулеб бугилан. Авариялде ккарал гьел гIадамазе гIарцулаб кумекги гьабизе бугин лъазабун букIара ГIабдулатIиповас, амма кигIан гIарац кьелебали мухIкан гьабичIо.
XS
SM
MD
LG