МагъчIваялъе рес

Лъица бикъараб 200 миллион гъурущ?


money
money

Дагъистаналъул индустриялъул, энергетиякаялъул ва бухьеназул рахъалъ министр Насрудинов МухIамадхIусенида тIад низам цIунулез рагьун буго такъсир гьабиялъул иш. Министрас гьеб бичIчIизабулеб буго жив хIалтIудаса рехизе бахъулеб хIаракатлъун.

Газалдалъун гIадамал хьезариялъул фирмабазул магIишат Насрудиновас жиндаго тIад хъванилан рикIкIунеб буго цIех-рехчагIаз. Гьезул пикруялда, бикъараб гIарцул къадар 200 миллионалде бахунеб буго. Министрасни абулеб буго жинда хурхун цIех-рех рагьанин «Кавказрегион» гIуцIиялъул къануналда рекъечIеб хIалтIул суал жинца хасаб данделъиялда борхун хадубилан.

Жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъ тIибитIизабураб инфорамциялда рекъон, Дагъистаналъул муниципалияб ичIго гIуцIияда хIалтIулел газидалъун хьезарулел фирмабазул магIишат бикъиялъул хIужа низам цIунулезда батун буго оперативиял тадбирал тIуралаго.

Жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-релизалдва хъван буго 2002 соналда Насрудинов МухIмадхIусен «Дагестанрегионгаз» гIуцIиялъул нухмалъулевлъун вукIанин. Гьебго соналда гьев вукIун вуго «Даггаз» фирмаялъул нухмалъулевлъунги. КIиябго фирмаялда гьоркьоб къотIи-къайги хъван, газ щвезабулеб «Дагестанрегионгаз» гIуцIиялъул магIишат цIакъ учузаб багьаялъухъ босун буго «Дагъгазалъ».

«Дагъгазалъе» къануналда данде кколареб куцалда щвараб магIишаталъул уяб багьа 200 миллионгIанасеб гъурущ ккола. Насрудиновасда хурхун рагьараб такъсир гьабиялъул иш бачине буго Шималияб Кавказалъул федералияб бутIаялъул цIех-рехалъул комитеталъ.

Лъугьа-бахъиналда хурхун «Коммерсант» газеталъе баян кьун буго Насрудиновас. Гьес кинабго хурхинабулеб буго дагьалъ цебе Пятигорскалда тIобитIараб данделъиялда гьес рорхарал суалазда. Гьесул рагIабазда рекъон, гьес бицунеб букIана газ бикьиялъул система Дагъистаналда криминалияб системаялда сверулеб буго.

«Коммерсант» газеталъ хъваралда рекъон, июлалъул ахиралда Пятигорскалда тIобитIараб данделъиялда Насрудиновас критика гьабун букIана Шималияб Кавказалъул федералияб бутIаялда вугев россиялъул президентасул вакил Александр Хлопонининеги, Дагъистаналда газ бикьулеб «Кавказрегионгаз» фирмаялъеги.

Гьал къоязда цIех-рех чагIаз чIухь бана МухIамадхIусен Насрудиновасул кабинеталда. «Коммерсант» газеталъ хъвавухъе, министрас киналго хIалтIухъабиги ракIарун абун буго «жиндир бахчизе жоги гьечIин, жив хIинкъизе ккараб жоги гьечIин».

Такъсир гьабиялъул иш жинда хурхун рагьи хIалтIухъабазда Насрудиновас бичIизабун буго жив хъулухъалдаса рехизе гьабулеб тадбир бугин.
2009 соналдаги Насрутдиновасда хурхун рагьун букIана такъсир гьабиялъул иш. Гьеб мехалдаги гьесда гIарац бикъиялъул гIайиб чIвалеб букIана. ЦIех-рехчагIаз абулеб букIана 2005 ва 2006 соназда «Даггаз» фирмаялъул генералияв директор Руслан ГIабдулаевгун къотIи-къайги гьабун «Дагъгазалъ» жиндирго магIишатги, ракьул бутIабиги ричун ругин «Даг-С-Газ» фирмаялъейин.

«Даг-С-Газ» фирмаялъул нухмалъулевлъун ккола Насрутдинов. «Дагъгазалъул» акциязул 49% кколаан пачалихъияблъун. Фирмабаз гъулбасараб къотIи-къаялъ пачалихъалъе гьабун буго 178 млн гъурщил зарал. Гьеб мехалдаги журналистазе Насрудиновас абулеб букIана жив хъулухъалдаса рехизе гьабулеб хIалтIи бугин гьебан.

Дол соназда Дагъистаналъул ТIадегIанаб диваналъ гIунтIизабулеб гIайибалдаса Насрудинов эркен гьавуна.
Политолог Альберт Эседовас абуна Эркенлъи Радиоялъе Насрутдиновас Пятигорскалда тIобитIараб данделъиялда зани бегизабун бугилан.

Альберт Эседов: «КIиабилеб нухалъ рагьулеб буго гьесда хурхун такъсир гьабиялъул иш. ТIоцебесеб иш рагьун букIана МухIу ГIалиев президентлъун вукIараб заманалда. Абулеб букIана МухIуе къваригIун бугин Насрутдиновасул бакIалда жиндирго лъалев-хъвалев лъезеян. Гьанжени Насрудиновас «Кавказрегионгаз» компаниялъе газ бикьулеб бугин цIакъ къвакIараб критика гьабун бугилан бицунеб буго. Гьеб сабаблъун батила такъсир гьабиялъул иш рагьун бугеб. Цогидаб иинформациялда рекъон, цо-цо министерлъабаздаги хал-гьабиял рукIине руго. Насрудиновасдаса байбихьун гьел гьаризе журан ратила».

Цодагьалъ цебеги Насрудинов гъалмагъиралде ккун вукIана. Монополиязда дандечIараб идараялъ гьев диваналде кьун вукIана, гьес газ бикьиялъул къотIи-къай жив бетIергьанаб «Даг-С-газ» фирмагун хъван бугин, аукционалде цогидал фирмабазе нухги къан бугин абун. Монополиязде данде чIараб комитеталъ диваналдаса тIалаб гьабулеб букIана Насрудинов хIалтIудаса нахъе вахъизе. Амма диваналъ хIукму къотIун букIана Насрудиновасдаса гIакIа бахъизе. Гьебги – 12 000 гъурущ.
XS
SM
MD
LG