МагъчIваялъе рес

Насибова: цониги гIайибалъе далил щай бачунареб?


Насибова Хадижат
Насибова Хадижат

Дагъистаналда къанун букIине кколеб куцалда гуреб букIине кколареб куцалда цIунун бугин рикIкIунеб буго Гъизилюрт мухъалъул Кироваул росулъа Насибова Хадижатица. Гьелъул яс ПатIимат туснахъалда йигелдаса гьал къоязда тIубана ункъго моцI.

Гьей полициялъ ккун йикIана Кироваул росулъ хасаб операция тIобитIулаго гьенив чIварав ва изну гьечIого яргъидгIуцIарав вукIиналда щаклъи бугев чиясул лъади йикIанин абун. Гьанже гьелда гIунтIизабулеб буго, гьелъул эбелалъул ва адвокаталъул рагIабазда рекъон, изну гьечIого яргъидгIуцIаразе кумек гьабиялъул гIайиб.

Гьал къоязда официалияб куцалда нахъе бахъун буго Дагъистаналъул Хасавюрт ва Гъизилюрт мухъазда ва гьел шагьаразда лъагIел гIанасеб заманаялда лъазабун букIараб контртеррористияб операциялъул низам ай КТО. Гьелъул гIурхъабалъ Хасавюрт мухъалда гьабун буго анкьгогIан хасаб операция, гьенив чIван вуго изну гьечIого яргъидгIуцIазул яги гьелгун бухьен букIиналда щаклъи бугезул 17 чи ва низам цIунулезул лъабгояв. Гъизилюрт мухъалда гьабун буго лъабго хасаб операция ва гьенив чIван вуго «рохьилалин» абулезул лъабгояв ва низам цIунулезул лъабгояв.

Насибова ПатIимат
Насибова ПатIимат

Гъизилюрт мухъалъул Кироваул росулъ араб соналъул 6 октябралда гьабураб хасаб операциялъул заманаялда чIван вукIана кIиго полицияв ва, низам цIунулез лъазабухъе, федералияб цIех-рехалда вукIарав изну гьечIого яргъидгIуцIаразул «Гъизилюрталъул» абулеб къукъаялде гъорлъе унев вукIаравин абулев Аслудинов ГIалидибир. Гьебго къоялъ гьебго росулъ полициялъ ккун йикIана цо-цо баяназда рекъон, ГIалидибирил лъадилъун йикIанин абулей, Насибова ПатIимат. Гьей туснахъалда йигелдаса гьал къоязда тIубана ункъго моцI. ПатIиматил эбел Насибова Хадижатица бицухъе, низам цIунулез юхидал гьелъул ясалъ гъулбасал лъун руго гьелда гIунтIизарулелщинал гIайибазул хъван низам цIунулез гьелъухъе кьунщинаб кагътида.

please wait

No media source currently available

0:00 0:01:14 0:00
Интернет-мухъ

Полициялъул бутIаялда жий юхулей йикIанин ПатIиматица бицун буго адвокаталъеги, амма гьеб хIужа чIезабизе медицинаялъул экспертиза гьабун гьечIо адвокаталъ гIарза хъваниги.

please wait

No media source currently available

0:00 0:03:33 0:00
Интернет-мухъ

Жинда ПатIимат полициялъ ячун ун хадусан чанго къоялдасан гурони йихьизейин йихьичIин абулеб буго гьелъул адвокат Денисенко Еленаца.

Денисенко Елена
Денисенко Елена

Денисенко Елена: «Дида гьей полициялъ ячун ун хадусан кIиабилеб-лъабабилеб къоялъ гурей йихьарай. Дица гьей ялагьулей йикIана итни къоялдаса рузман къоялде щвезегIан. Гьейин абуни гьез ячун ун йикIана гьатIан къоялда. Дида йихьараб мехалда гьелда юхиялъул лъалкIал рихьичIо дида. Жийго ПатIиматица абулеб букIана жиндир гьурмалъ кьабулеб букIанин ва килщазда кваралги щула гьарун жинде ток кьвабизабулеб букIанин. Дида йихьилалде килщаздаса лъалкIалги ун ругоан».

ПатIиматица жинда гIунтIизарулелщинал гIайибал тIаде росун жинцаго гъулбасарал кагътал рукIин тун батIияб, гьелда гIунтIизабулеб гIайибалъе кинал рукIаниги далилал гьечIин цIех-рехчагIазулин абулеб буго Хадижатица.

please wait

No media source currently available

0:00 0:04:28 0:00
Интернет-мухъ

ПатIиматица къачIалеб букIараб кIудаинсул пастIанив чIварав Аслудинов ГIалидибир гьеб рокъов жанив цо яги чанго сордо банищ вукIарав, низам цIунулезукьа лъутун гьениве пастIанивейищ гьев кIанцIаравали Хадижатида лъалеб гьечIо.

please wait

No media source currently available

0:00 0:01:50 0:00
Интернет-мухъ

Нагагь диванханаялъ гIайиб бугейлъун чIезавуни туснахъалъул чан сон кьезе бегьулеб ПатIиматие?

please wait

No media source currently available

0:00 0:01:23 0:00
Интернет-мухъ

Интернеталда тIиритIун рукIана ПатIимат дов чIварав ГIалидибирил лъади йикIанин абурал баянал, дуца бицунелде балагьун, гьев гьелда лъалев чи вукIун гьечIо. Кисан ракIкIарал харбал гьел?

please wait

No media source currently available

0:00 0:00:58 0:00
Интернет-мухъ

Аслудиновасул лъадилъун хIакъикъаталда йикIун ятаниги ятичIониги ПатIиматица гъулбас лъурал кагътазда гьей гьесул лъадилъун рехсон йигин бицана адвокаталъ. Гьелъ гьел кагътазда гъоркь гъулбас юхидал лъунин абизеги бакI гьечIин гьанже гьей юхиялъул киналгIаги докементалиял далилал гьечIолъиялъин абуна Денисенкоца.

Денисенко Елена: «Документазда кибниги хъван гьечIо гьей гьесул лъади йикIанин. Дун йигеб бакIалдаги гьелъ гьедин бицунеб рагIинчIо. Гьелъул иш бачунев цIех-рехчияс абулеб буго гьелъул сурав босулеб мехалда гьелъ абун букIанин жий дов чIварав васасул лъади йигин. Гъизилюрт шагьаралъул полициялъул бутIаялда гьез юхулей йикIараб мехалда абун буго гьелъ гьедин. Гьебги гьез хъвараб жоялда гъоркь гъулбас лъун буго».

ПатIимат росасдаса ятIалъун йиго. Гьелъул вукIарав росас гьелде тIаде чIужуги ячун гьабураб кIиго лъимер рагIула гьезул. ПатIиматил вуго балъугълъиялде вахинчIев лъабго вас, кIудиясе 13, гьитIинасе анкьго сон бугел. Гьаб сагIат гьел руго интернаталда.

Диванханаялъ туснахъалъуй тIамизе хIукму къотIаниги лъимал балугълъияде рахинегIан гьелъие гьабизе бугеб тамихI нахъбахъизе кколин абулеб буго гьелъул адвокат Денисенко Еленаца.

Денисенко Елена: «Дида кIоларо гьелда хурхун щиб букIаниги абизе, щайгурелъул гьелъул буго балугълъиялде бахинчIеб лъабго лъимер. Диваналъ жаний тIамизе хIукму къотIаницин гьел лъимал балугълъиялде рахинегIан гьелъие гьабулеб тамихI нахъбахъизе ккола. Амма кин бугониги ахирисеб хIукму диванханаялъ къотIулаха».

Хадижатил рос СаидахIмад чIван вукIана гьелда вихьулаго Гъизилюрталдаса МахIачхъалаялде унеб шагьранухда. Гьелдасаги кIиго соналъ цебе чIван вукIана Хадижатил цо вукIарав вас-спортсмен чIван вукIана кIиго соналъ цебе жиндирго вацгIаласда цадахъ. Гьел чIван хадусеб къоялда газетаздасан лъазабун буго гьезда кинабгIаги гIайиб яги щаклъи букIинчIин ва гьел мекъса ккун чIварал рукIанин.

Гьелъул хIакъалъулъ Эркенлъи Радиоялъ гьаниб бицун букIана:

http://www.radioerkenli.com/content/dagestan-rebels-police-widow-military-operation/24747068.html

XS
SM
MD
LG