МагъчIваялъе рес

Лъица свинабулеб "Ильичил чирахъ"?


Россия - Дагъистаналда тIоцебесеб ГЭС бай. Хьаргаби мухъ.1930
Россия - Дагъистаналда тIоцебесеб ГЭС бай. Хьаргаби мухъ.1930

1930 соналда Хьаргаби мухъалъул ЧIалда росдал сверухлъиялда Дагъистаналда тIоцебесеб ГЭС балеб мехалда тIолго халкъалъул хьул букIана «Ильичил чирахъалъ» гIумру абадиялъго гвангъизе букIиналда. Ана сонал, Дагъистаналда бан буго гидроэлектростанциязул тIубараб каскад, амма гьеб канлъи ХХI гIасруялдаги гIолеб гьечIо гIадатиял гIадамазе. Щайдай?


Гъоркьиса июль моцIалда баянлъана токалъухъ бугеб налъи Шималияб Кавказалъул Федералияб Икълималда 10 млрд гъурщиде бахун букIин. Добго соналъ бакI-бакIалда ток заманалъ гьоркьоса къотIун букIана хасго гIемерал гидроэлектростанцияби ругеб Дагъистан республикаялда. Ццим бахъарал гIадамал къватIире рахъун рукIана.

Цо-цояз хIатта ярагъгун кодоб ток биччалел станцияздеги рачIун рукIанин...
Газги, токги, лъимги мех-мехалъ гьоркьоса къотIи гьениб квешаб гIадатлъун ккун буго. БакIалъулал журналистаз доб мехалдаги жакъаги абулеб буго гIадатиял гIадамал гурел аслиял налъулал. Масала гьадинаб пикру буго Дагъистаналъул журналист ХIуризада Камаловалъул:

ХIуризада Камалова: «Гьеб ккола жамгIияб жавабчилъиялъул суал. Хасго гIадатиял гIадамаз гIарац кколеб куцалда кьола токалъухъги, газалъухъги. Мисалалъе дица гьоркьоса къотIич1ого кьола кьезе кколеб гIарац. Гьедин нижее бигьаго буго к1удияб налъи бецIиялдаса.

КIудияб налъи аслияб къагIидаялда чIахIиял идарабазул букIуна. Гьезул хIалтIухъабаз харж гьабураб газалъул къадар борцунеб алат нахъе кьурула ва откатал кьола. Гьедин гъозиеги бигьаго буго кIудияб налъи бецIиялдаса. Гьеб буго хIалтIизабураб электроэнергиялъул къадар бахчулеб тIубараб схема».

Амма гьелда балагьичIого Россиялъул прессалъ гIайибал гIунтIизарулел руго хасго гIадатияб халкъалде. Гьал къоязда РБК агенлъиялъ къватIибе биччан буго «Шималияб Кавказалъ инкар гьабулеб буго газалъухъ ва токалъухъ гIарац кьеялдаса» ян абураб цIаралда гъоркь цо гIажаибаб макъала.

Гьениб байбихьудасанго абулеб буго Чачан ва Дагъистан республикабазда газалъул 42 проценталъухъ гурони тIокIаб гIарац кьолеб гьечIин. МоцIалдаса моцIалде цIикIкIунеб бугин электроэнергиялъухъ кьезе кколеб налъиги. Дандияб мисал хIисабалда бачунеб буго гьеб рахъалъ Россиялда бугеб ахIвал-хIал. «Газпром» идараялъул баяналда рекъон Россиялъул шималиябгун-машрикъалъул рахъалда газ хIалтIизабулел гIадамазул 99 проценталъ гIарац берцинго кьолеб бугин. Гьадин абулеб буго тIадехун рехсараб РБК агентлъиялъул макъалаялда.

Экспертазул хIисабалда гьеб захIматаб масъала тIубазабизе ккола федералияб централъул даражаялда. «Инвесткафе» абулеб цIех-рех гьабулеб централъул бутIрузул цояв Григорий Биргил хIисабалда баккараб проблемаялъе аслияб гIиллалъун ккун бугин тарифал хехго цIикIкIин. ГIадатиял гIадамазе щолеб харж гьедегIан хехго тIаде борхунеб гьечIин. Журналист Камалова ХIуризадаца абулеб буго дандбалеб масъала батIияб къагIидаялдаги тIубазабизе бегьулин.

Дагъистаналда бан буго гидроэлектростанциязул тIубараб каскад. Дагъистаналда кIола гьелдаса щолеб токалъул къадаралдалъун жалго жидецаго хьезабизе. Щайила гьединаб ихтияр нижее кьоларебин абураб суал цебе лъолеб буго журналист Камалова ХIуризадаца.
XS
SM
MD
LG