МагъчIваялъе рес

Аэропланалда гурони роржунарел къункъраби


Къункърабигун воржине къачlалев В.Путин, 05Сен2012
Къункърабигун воржине къачlалев В.Путин, 05Сен2012

РакIалда вугищ хъахIаб комбинезонги ретIун тIадагьаб аэропланалда хинал улкабазде роржунел къанагIатал къункърабазул тIелалъе бетIерлъи гьабулев Россиялъул президент Владимир Путин? Гьанже гьел къункъраби аэропланалда рекIун тIадруссун руго.

Араб моцIалъул авалалда президент воржун вукIана Ямало-Ненецкалъул автономиялдаса гIадамаз гIезарурал къункърабазда хинал улкабазде роржунеб нух бихьизабизе.
Гьесул гьеб рорженалъул гIемер бицунеб ва гьелда тIад гIемер релъулел рукIана Россиялдаги гьеб бахун къватIисел улкабаздаги.

Гьебго заманалдаго тIибитIун букIана Путин воржине хIадур гьавулаго гьел къанагIатал хIанчIазул кIигояб хванин ва цоги чангояб лъукъанин абураб информацияги.

Путин Москваялде тIадвуссун хадуб, гьел хIанчIазда хадуб хал кколеб букIана гIалимзабаз. Гьел роржине кколел рукIана Тюменалъул ракьалде ва гьенир гIалхулал къункърабигун журан Гьоркьохъеб Азиялде роржине рукIана хасел тIамизе.

ГIурус гIалимзабазул баяназда рекъон, бицен гьабулел къанагIатал къункърабазул къадар гIалхуда къогогIан гурони рагIуларо.
10 октябралда россиялъул ТIабигIат цIуниялда сверун пачалихъияб инспекциялъ лъазабуна гьел «путинил» къункърабазул анкьгоялда гьоркьосан анлъгоялда бажаричIин гIалхулалгун журазейин.

Кин бугониги гIалхулал къункъраби роржун ана «путинилалги» къоркь тун. Гьелин абуни, аэропланалдаги рекIинарун нахъе рачана гьел гIезарураб Рязаналъул ракьалда бугеб цIунараб тIабигIияб территориялде. Гьанже гьез хасел гьениб тIамизе буго. Москваялдаса 200 километралъул рикIкIалъуда бугеб гьеб бакIалде, щиб лъалеб, президент щвезеги рес буго.

Президентасул пресс-секретарь Дмитрий Песковас лъазабухъе, «путинил» къункърабазул гIалхулалгун цолъараб цояб гьелгун боржун буго 500 километралъ Казахстаналде щвезегIан. Амма гьениб гьезда тIад речIчIун руго гIалхулал гьаби ва «путинилаб» чIвазе дагьаб хутIун буго.

Песковасго бицухъе, гьеб къункъра бакIалъул гIадамаз хвасар гьабун буго ва лъазабун буго Казахстаналъул рохьил магIишаталъул комитеталда. Гьелин абуни щаклъулел рукIун руго гьеб «путинил» къункъа букIиналда.
Гьанже россиялъул гIалимзабазда ракIалда буго Казахстаналдеги роржун гьеб къункъра рокъобе бачине.

Роберт Колсон
XS
SM
MD
LG