МагъчIваялъе рес

Ралъдахъ хIухьбахъи гьукъизе рес буго


МахIачхъала шагьаралъул администрациялъул пляж
МахIачхъала шагьаралъул администрациялъул пляж

Ралъдал рагIалда хIухь бахъиялъул сезон рагьиялда цересел халгьабиял тIоритIулел ругин Дагъистаналъул пляжаздайин лъазабулеб буго Роспотребнадзоралъ. Цереккун пляжазда тIоритIал халгьабиязул хIасилалда санитариял ва хIинкъи гьечIолъиялъул шартIал гьенир чIезарун ратун гьечIо.

9 июналъ Роспотребнадзоралъ кьезе кколеб буго къимат, ралъдахъ хIухьбахъиялъул сезон рагьилалде, кинаб хIалалда ругел МахIачхъалаялъул ва Каспийскалъул пляжал.

Гьелда тIадеги, республикаялда ругел гIадамаз хьухьбахъи гьабулел ралъдал рагIаллъабазда санитариялгун эпидемиологияб цIунакъаялъул шартIал чIезарилъул тадбирал мухIкан гьарун ругила. Дагъистаналда ругел пляжал рикьун руго лъабго зонаялде.

ТIоцебесеб зонаялда гъорлъе кколел руго МахIачхъалаялъулгун Каспийск шагьаралъул пляжал, кIиабилеб - Избербашгун, Гъаякент ва Гъарабудахкенталъул пляжал, лъабабилеб зонаялда гъорлъе унел руго Дербентгун МухIарамкенталъул пляжал.

Роспотребнадзоралъул комиссиялъ чIезабухъе, бищун санитариялгун эпидемиологиял ва цIуна-къаялъул шартIал чIезаричеллъун рикIкIун руго Дербентгун МухIарамкент мухъалъул ралъдал рагIаллъи. Гьенир я ретIел хисулел бакIал, я туалеталцин камун ругин лъазабулеб буго.

Амма аслияб суаллъун хутIулеб буго санитариябгун эпидемиологияб хIал. Гьедин, чанго сон бугин, соналдаса соналде жибго лъим ва сали хIухьбахъизе хIинкъи бугеблъун лъазабуралдаса, амма чвердезе гьукъун бугин абурал игIланаз чIезарулел гьечIин гIадамалин лъазабулеб буго республикаялъул аслияй санитарияй тохтур ва Роспотребнадзоралъул Дагъистаналда нухмалъулей Элеонора Омариевалъ.

ЧIезарурал шартIазда рекъон, пляжалъул зонабазда рукIине кколила ретIел хисулел бакIал, гьекъолел лъим чвахулеб бакI, мусоралъул контейнерал, туалетал, спасателазул станциягун медикияб кумак щвезе рес бугеб бакI. Гьеб сияхI жеги халатаб бугила, амма халгьабиял тIоритIулаго ретIел хисулел бакIал ва туалет батарал пляжал лъикIаллъун рикIкIине кколел ругони цогидазул щибиланила бицинебин абулеб буго гьелъ.

ГIаммаб куцалъ Дагъистаналда 11 плажалъул зона бугила, гьезул цогIаги къануналда рекъонги хIалтIуларин тIаде жубана гьелъ. Къокъабго заманалда жаниб гьеб хIал лъикIаб рахъалдехун хисичIони, ралъдахъ чвердей тIубан гьукъизеги рес бугила.

Санайил ралъдалъа росарал лъел ва салул гьарурал халгьабияз бихьизабулила гьезда гъорлъ рукIине бегьулелдаса чанго нухалъ цIикIкIун заралиял микробал ва гIадамасул унтаби рагъаризарулел паразитал рукIин. Гьелъие аслияб гIиллалъун кколила ралъдалъе канализациялъул рогIрал лъун, гьенире чороклъаби чвахулел рукIин.

Диваналъул хIукмуялда рекъон, ралъдалъе канализация биччазе гьукъун буго, амма хIакъикъаталда гьеб гьукъи гIицIго кагътида хутIулеб буго. Гьедин, масала, МахIачхъалаялъул «Березка» пляжалъул ахадаса ралъдалъе лъун буго биццатаб турпа, жанисан канализациялъул чороклъаби ралъдалъе унел.

Гьединго, хIухьбахъулел рачIине лъугьаралдаса тIубан рищниялъул цIолеб буго гьеб пляж. Гьеб бакIалда хIалтIулел 7 чи вугин, къойида жанир тIад сверун рищни бакIарулел рукIунин бицана «Эркенлъи» радиоялъе «Березка» пляжалда рищни бакIарулей хIалтIухъан Гульмираца. ГIадамазда гьенибе рищни бан тей гIадатияб жолъун бихьулеб бугила.

Гульмира ГIабдуллаева: «Ниж къойица къучIбиги росун, гьанир рищни бакIарулел рукIуна. Кванил нигIматазул хутIелал ва цогидаб рищни тола гIадамаз гьанибе бан. Масала, цо гIаданалъ лъимадаса бахъун памперс ва бананалъул хъал бана дида цебе гIодобе. Гьеб рехугейин абидал, рищни базе бугеб бакI бугин пляжилан жаваб гьабуна гьелъ дие».

МахIачхъала. ГIалхьулаб пляж
МахIачхъала. ГIалхьулаб пляж

ХIукуматалъул гурел пляжазул территориязда гьенире рачIаралъул гIарац босулеб букIиналдаса гIарзал рукIана гIадамазул. Масала, МахIачхъалаялъул «Черные камни» абураб пляжалде хIухьбахъизе рачIараз риччаралъухъ 100 гъурущ кьезе кколеб буго. Гьеб гIарац босулин гьениб рацIалъи чIезабиялъе, гурого, хIукуматалъ биччараб сурсатги гьечIеб мехалъ гьеб бакIалъул тIалаб гьабизе батIияб рес гьечIин абулеб буго пляжалъул хIалтIухъабаз.

Расул Гъайирбеков: « ГIадамазе лъиего бокьун гьечIо жидедаго хадуб рищни бакIаризе. Гьанире хIукуматалъ рищни баччизе тарал мусоровозал ва бакIарулел гIадамал гьечIо. Гьелъ, гьеб гIарац биччала бакIарулел гIадамазе харжазе ва цогидал шартIал чIезариялъе».

МахIачхъалаялъул администрациялда баян гьабухъе, хIукуматалъул гуреб бетIергьанлъиялда ругел пляжазул территориял тIадруссинаризе руго диваназдасан, щайин абуни, рекреациялъулал территориял бетIергьанлъуде кьезе изну букIунгутIиялъ. Амма цебесеб шагьаралъул тIалъиялъ гьел кьун ругила ва гьанже нахъруссинаризе кIвараб хIал бахъулеб бугила мэриялъ.

Ралъдал рагIалда хIухьбахъиялъул сезон рагьулеб буго Нептунил къо кIодо гьабун 14 июналъ.

XS
SM
MD
LG