МагъчIваялъе рес

Гъурущ цIидаса "цIулалаблъун" лъугьунеб буго


ТIоцебесеб декабралде нахъойги эхеде бахана долларалъул ва евроялъул багьа. Цо доллар гьанже буго 52 гъурщиде. Экономист Михаил Чернышовас «Эркенлъи» радиоялъе кьураб коментариялда абулеб буго гьелда рекъон хиралъизе ругин къватIиса рачIунел кванил нигIматалгиян. Дагъистаналъул базаразда лъалаго багьабазул кIудияб хис-бас гьечIин жегиян абулеб буго базаргабаз.

Долларалъул багьа нахъойги эхеде бахиналъе гIилла экономистаз хурхинабулеб буго нартил багьа гIодобе ккун букIиналда. Нартил цо барррелалъул багьа 70 долларалдасаги гIодобе ккана. Доллар эхеде бахине лъугьана сентябралдаса байбихьун. 40 гъурщидасаги гьеб хиралъидал халкъалъул рахIатхвей цIикIкIунеб букIана, гьезул цо бутIа гIедегIана жидерго гъурщил нахърателал долларалде руссинаризе. Центробанкалъ гьарулеб букIана гьелъ ахIвал-хIал дагьабги хIаллуцинабизе бугин, дагьалъ сабру гьабейин, кинабго рукIалиде ккезе бугилан. Ахирал анкьазда гIодобе ккезе байбихьун букIана доллар, 42 гъурщиде щвезегIан. Декабаралъул тIоцебесеб къоялде абуни гьеб бахана 52 гъурщиде.

Кинаб куцалда гьеб хъатIизе бегьулеб халъалъул рукIа-рахъиналда, мисалалъе дагъисаниязул гIумруялда жаниб? Гьеб суал кьуна нижеца экономист Михаил Чернышовасе. Доллар гьедин хиралъиялъ гьелъ асар гьабизе бугин Шималияб Кавказалъул экономикаялъе. ТIоцебесеб иргаялда хиралъизе бугин импорталъулаб къайи-цIайилан рикIкIунеб буго гьес.

Михаил Чернышов: «Халкъалъ аслияб куцалда босулеб къайи-цIа буго импорталъулаб. Гьелда гьоркьоб дагьаб къадар буго кванил нигIматазул, хутIараб ккола батIи-батIияб къайи-цIа. Кванил нигIматазул багьаби эхеде рахине рукIин хIакъаб буго. Гьелда рекъон халкъалъул бичун жо босизе бугел ресалги нахъе ккезе руго, хасго ресукъал хъизамазул. Гьединго гьанжеялдего хиралъун hуго цIатариялъул багьабиги. Гьелда хадур гъун эхеде бахине буго коммуналиял хъулухъазухъ босулеб багьаги. Гьелъул хIасилалда тIалъиялъ цIикIкIинаризе ккезе буго гIадамазе хIукуматалъ кьолеб гIарац. Гьелъул тIоцебесеб мисал нилъеда бихьилин ккола февралалда, херал чагIазе пенсия цIикIкIинабурабго. КигIаналъ гьеб цIикIкIинабизе бугебали чIванкъотIун абизе кIоларо».

Гьединго Михаил Чернышовас абулеб буго доллар эхеде бахиналдалъун зарал ккезе бугин гIисинаб даран-базаралъул церехъабазеги. КъватIиса бичун босулеб къайи гьез 20-30 проценталъул къадаралъ дагь гьабизе ккезе бугин, щайгурелъул гIадамазул рес дагьлъизе бугелъул, гьелдалъун гьезул хайиралъеги зарал ккезе бугин.

МахIачхъалаялъул цадахъго кванил нигIматал ричулеб базаралъул вичарухъан Юсупица «Эркенлъиялъе» абуна лъалаго хиралъараб къайи-цIа гьечIин базаралда. Цо-цо къватIиса бачIунеб гречка, макарон гIадал нигIматазухъ багьа цIикIкун бугин, хутIараб жоялъул лъалел хиса –басиял гьечIилан.

Вичарухъан Юсуп: «Чай гьабулеб «Маккофе», «Ханчай» абурал маркаялъул нигIматал руго къватIисан рачIунел, гьел хиралъун руго. Ратизе бегьула цогидабги гьеб тайпаялъул хиралъараб нигIмат. Жиб-жиб къоялъ гIадин босулеб жоялда гьоркьоб гречка гурони, цогидаб хиралъараб жо гьечIо».

Центробанкалъ кьурал баяназда рекъон 2014 соналъул ахиралде инфляциялъул къадар букIине буго 8,5 процент.Сербанкалъул макроэкономикиял цIех-рехал гьарулеб централъ гьеб жеги кIодо гьабулеб буго - 9 пороценталда щвезегIан ва 2015 соналъул тIоцIебесеб лъабго моцIиде инфлация бащалъизе бугин 9,5 проценталда. Гъурщил къимат хвеялъ ва багьаби эхеде рахиналдалъун тIоцебе кьаби щвезе бугин пенсионеразда, сакъатал гIадамазда ва гIемерлъимал ругеб хъизамалдаян пал тIамулеб буго макроэкономикиял цIех-рехал гьарулеб централъ.

XS
SM
MD
LG