МагъчIваялъе рес

Р.Къурбанов: ... къапила унеб буго


Ризван Къурбанов
Ризван Къурбанов

Дагьаб цебегIан интернеталда You Tube-сайталда лъун букIана изну гьечIого яргъидгIуцIараз МахIачхъалаялъул амир вищиялъул бахъараб видео. Видео лъун букIана Дагъистаналъул рахъалъан Россиялъул Пачалихъалъул Думаялда вугев депутат Ризван Къурбановасул цIаралда рагьараб аккаунталдасан. Гьенибго лъун букIана гьесул суратги.

Чанго къоялдасан гьеб видео интернеталдаса тIагIана ва гьанже гьеб рагьизе кIолеб гьечIо.
Живго Ризван Къурбановас абулеб буго гьеб чорокаб иш гьабизе жиндир цIаралдаса пайда босун бугин, гьеб жиндир аккаунт гурин ва букIине ресги гьечIин.
Гьединаб пикру загьир гьабуна Къурбанов Ризваница Эркенлъи Радиоялъе кьураб эксклюзивияб интервьюялда.

Кинабго буго дир хIаракаталда данде гьабураб хIалтIи

Къурбанов Ризван: «Гьеб гьереси бугин абураб хитIаб You Tube -алъул форматалда дица лъун букIана интернеталда, амма гьез гьеб хехго къан бугоан. Нилъеда бичIчIулеб буго гьеб битIараб букIине рес гьечIолъи. Гьеб аккаунтги дир гуро. Гьеб рагьарал чагIаз хIалтIизабун буго дир суратги цIарги».

ЭР: Кин дуда кколеб, щай хас гьабун дур цIаралдаса пайдаги босун лъураб гьеб видео интернеталда?

Къурбанов Ризван: «Гьеб тIоцебесеб нух гурелъул «клавишазул бахIарзабаз» дир цIар чорок гьабизе хIалбихьиял гьарулеб. Дагъистаналда дун хIалтIулев вукIарав кIиго соналда жанибги дандчIван вукIана дун гьезул, сепаратистазул сайтазда диде гьарулел тIадецIуязда. Гьезие рекIее гIолеб букIинчIо дир хIаракат. Гьединлъидал дица рикIкIуна жакъаги гьез гьеб жидерго жигар халат бахъинабулеб бугин. ГIиси-бикъинаб чороклъи гьабичIого чIоларо гьел. Жидедаго релълъараб гIиси-бикъинаб чороклъи».

ЭР: Дурго пачалихъияб хIалтIиялде тIаде Дагъистаналда изну гьечIого яргъидгIуцIаразул кьералъ рукIаразе ракълилаб гIумруялде аддаптация гьабиялъул комиссиялъе нухмалъи гьабулевги, диалогалде ахIулевги вукIана мун. Щай лъие букIаниги рекIее гIечIого букIине бегьулеб дур хIаракат?

Къурбанов Ризван: «БичIчIизе ккола диалогалде жидерго ишазулъ гIалатI ва гьелъул квешаб хIасил бихьарал гIадамал гурони рачIунареблъи. Гьеб кинабго, абухъего, хIаялда хадуб чIун ругел идеологазе абуни нижер хIаракат рекIее гIолеб букIинчIо. Хасал операциязул заманалдаги, гьадинго "рохьахъа" тIадруссун гIадамал рачIинги. Адаптациялъул комиссиялъул гарантиязда гъоркь кверде рачIунеб ва жидеда цадахъ рукIаразул бицунеб мехалда гьезие рекIее гIелищха? Гьел гIолилазул улбулгун ва адвокаталгун цадахъ тIоцере комиссияде рачIаразулгун дандчIваял дир офисалда жанир тIоритIулел рукIана.
Узухъда, сепаратизмалъул ва экстремизмалъул идеологал хIикмалъун рукIана нижер гьединаб хIалтIуда. Гьединлъидал гьез байбихьана нижеца гьабунщиналда данде хIалтIизе. Гьез хIаракат бахъана комиссиялде рачIаралгун дандчIваял телевидениялъ рихьизарун хадуб гьел рухулел ругин ва гьезие зулму гьабулеб бугин абураб жоялда гIадамал божизаризе. Щиб гьабунги нижер хIалтIуе квал-квалал гьарулел рукIана гьез.
Амма нижер хIалтIул хIасилал рукIана. Нижер комиссиялъул гарантиязда гъоркь кверде вачIун вукIана 50-гIан изну гьечIого яргъидгIуцIаразул кьералъ вукIарав чи.

Узухъда, рагъул ва терроралъул идеологазе гьеб рекIее гIолеб букIинчIо. Гьеле гьел руго Дагъистаналда тIадецуй гьабулел сепаратистазул сайталда нахъаги. Гьеле гьез буго, чиясда бугьтан лъезелъун, информалатазде чороклъи балебги. Дица гьезда абула турщулин. Абухъего, «турщул хIапулел руго къапила цебе унеб буго».

ЭР: Дуца нухмалъи гьабулеб букIараб гьеб комиссия гьанже къан бугоха. Дагъистаналъул цIияб нухмалъиялъул битIараб галилъун рикIкIунищ дуца гьеб?

Къурбанов Ризван: «Дица рикIкIуна гьеб рукьналъанго мекъаб гали бугин. Балагьилаха. Рес буго цIияв нухмалъулесул (ред: Дагъистаналъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазан) гьеб суалалда сверун жиндирго пикраби ратизеги. ХIалтIул къагIидаби тIаса рищизе гьесул ихтияр бугелъул. Аслияб жо буго хIалтIул хIасилал рукIин. Амма, цебе гьеб хIалтIи гьабулев вукIарав чи хIисабалда, дида ккола, цебе букIараб форматалда рекъон, гьеб комиссиялъ хIасил кьолеб букIанин. Жакъа цIияб комиссиялъ щиб кьолеб бугебали абизе дида кIоларо».

ЭР: Ризван, Дагъистаналдаса депутат хIисабалдаги, гIадатияв дагъистанияв хIисабалдаги республикаялда жакъа кколеб бугелда хадуб хасго тIалъиялда сверун хиса-басиязда хадуб хал кколеб батилаха дуца. Жакъа республикаялда нухмалъиялда кколел хиса-басиял, ай церего рукIарал хIакимзаби цоги хъулухъазда тун гьабулеб ракировкаби дуда кин рихьулел? Кинаб къимат дуца гьезие кьелеб?

Къурбанов Ризван: «Дица кьелароан гьелъие кинаб букIаниги къимат. Къимат кьезе ккола хIалтIул хIасилазде балагьун. БакIалда вуго нухмалъулев ва гьесда лъикI бихьула лъида божизе бегьулебали ва кинаб бутIаялъул жаваб кьезе кинав чи телевали. Гьелъул хIасил лъикIаб ккани, узухъда, гьеб букIине буго гьел киназулго бергьенлъи. Гьелъул квешаб хIасил ккани, гьелъул жаваб цо гьес (ред: Дагъистаналъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазан) жинцаго кьезе ккола. Гьединлъидал, дида ккола, февралалда гьаризе ругин гьев таралдаса лъагIалил хIасилал. Балагьилаха».

Рукъалъул хважаинасда лъикI лъала къайи киб лъелебали

ЭР: Дагъистан ункъие бикьиялъул идея дуе рекIее гIанищ? (ред.Территориалияб рикьи, президентасул вакилзабиги тIамун)

Къурбанов Ризван: «Валлагь гIечIо. ТIубаранго битIараб дандекквей гьечIониги дица абила гьадин: мун рукъалъул хважаинлъун вахъараб мехалда дуда лъикI лъалин телевизор киб лъелеб ва диван киб лъелебали. Гьесда гьениб лъикI бихьула щиб гьабизе кколебали. НахъегIанисан балагьарав чи хIисабалда, дида ккола Дагъистан ункъиде бикьи гьеб тIубанго битIараб гьечIин. Щиб лъалеб гьелъ лъикIаб хIасил кьезеги рес буго. Гьелъул бицинеги жеги цудунго буго».

ЭР: Дагъистан кидаго букIана ракълил ва маслихIаталъул центрлъун ва Шималияб Кавказалъул цоги республикабазе мисаллъун. Кин раккарал Дагъистаналда гьединаб парахалъи гьечIолъиги, кьвагьиялги, рохьахъе лъутулел гIолилалги? Дур хIисабалда щиб ккараб Дагъистаналда иш хIалуциналъе гIиллалъун?

Къурбанов Ризван: «ВачIинахъего, къокъго гьелъул бицине захIматго буго. Кин бугониги дица хIаракат бахъила гьеб суалалъе жаваб кьезе. ТIоцебесеб иргаялда гьеб бараб буго геополитикияб рахъалъ Дагъистан бугеб бакIалда. Гьеб буго гIорхъода. Гьебгун гIорхъода буго щуго пачалихъ. БичIчIизе ккола гIурхъаби гIемерал ругонагIан улкаялде жанире рорчIизеги бигьалъулеблъи.
КIиабизе бугони-Дагъистан буго дунялалъулго батIи-батIиял сепаратистиял къуватаз батIаго кIвар кьолеб бакIлъун. Гьезие кIвар буго Каспиялъулги, гьеб бугеб бакIалъулги, гьениб конституционияб 14 миллат букIиналъулги. Гьеб киналъго рес кьолеб букIана гьенире гIагарда ва рикIкIада ругел улкабаздаса сепаратистал рачIине.

Жеги абизе ккола цо Дагъистаналъе тIадецуй гьабулеб бугин сепаратистазул 20-гIан сайталъин.

Сайт щибали нилъеда лъалаха.
Гьале гьелъие цо мисал: Дагъистаналде вагъизе вачIун вукIана Казахстаналдаса ункъго гIолилав. Гьезда лъалеб букIинчIо нилъер республикаялда ругел социалиял ва цоги проблемаби. Гьел цониги нухалде полициялдецин рачун рачIарал рукIинчIо. Гьел рукIана интернеталдаса гьабулеб тIадецуялъул ай программированиелъул къурбанал.
Гьединабго жо ккун букIана Дагъистаналде рачIарал башкиразеги. Гьеб ахIвал-хIалалъул цIех-рех гьабураб мехалда тIатана дозиеги гьазиеги Дагъистаналдеги рачIун рагъизе ва гьеб ракьалда хвезе бокьун букIараблъи. Гьезул бичIчIиялда рекъон, гьеб мехалда гьел алжаналъуре ккезе рукIун руго.

Гьеб киналъго кьунин ккола гьаб жакъасеб хIасил. Гьебги гьелде тIаде гIемераб цогидалъги. Экономикиял, политикиял ва жеги цоги масъалабиги ратула гьенир. Щай жакъа Дагъистаналда кколеб бугелъул нугIзаллъун нилъ кколел ругелали къокъго абизе захIмат буго, амма, дида ккола, дица бицаралъ гьеб суалалъе гIураб жаваб кьолеб бугин».

ЭР: Жакъа рохьахъе унел гIолилазе асар гIицIго гьезие гьабулеб пропагандаялъулищ ай идеологияб тIадецуялъулищ бугеб яги гьезул цоги батIиял гIиллабийищ ругел, кин дуда кколеб?


Къурбанов Ризван: «ГIолилал рохьахъе иналъе бугеб аслияб гIилла буго идеологияб пропаганда. Гьеб буго гьереси-исламги гьереси-идеябиги. Гьеб киналъго гIолилал ккезарун руго дун унев вуго, амма киве унев вугевали лъаларо абураб бакIалде. Дун адаптациялъул комиссиялда хIалтIулеб мехалда гIемерал рихьана дида гьединал. Комиссиялъул гарантиялда гъоркь кверде рачIун рукIана къватIисел улкабазда рукIаралцин, масала Бельгиялдаса. Интернеталда батизе бегьула гьеб информация. Дагъистаналда гьарурал къануналде данде кколарел жалазухъ ичIго соналъ валагьулев вукIарав чачанав кверде вачIун вукIана Бельгиялдаса комиссиялъул гарантиязда божун.

Гьел гIадамалгун кIалъараб мехалда дида бихьулеб букIана гьел гуккарал гIадамал рукIин. ЦIакъго къанагIат гурони гьезда гьоркьор ратулел рукIинчIо рецIел босизе арал чагIи. Гьеб киналдаго нахъа руго рагъул, сепаратизмалъул, экстремизмалъул ва терроризмалъул идеологал.
25-билеб кадр абураб бичIчIи буго, нужеда гьелъул лъалебги батула. Гьеле гьелда релълъинабун, къойидаса къойиде мекъаб информация кьун гуккулел руго гьез гIолилал. Гьезда божулел ва рохьахъе унел гIолилалги камун гьечIо жакъа Дагъистаналда».

ЭР: Жакъа мун Москваялда вугоха хIалтIулев. Гьенисан республикаялда кколелъул бихьи ва бичIчIи батIияб букIинеги рес буго. Кин дуда кколеб, Кремлалда бичIчIулеб бугищ Кавказалда кинаб хIалуцараб ахIвал-хIал бугебали? Москваялъ гьенир хIалтIизарулел къагIидаби гьениб бугеб ахIвал-хIал бихьун цIигьаризе кколищ яги гьенир тIоритIулел тадбиразул комплексищ букIине кколеб? Къокъго абуни, гьениб къуват хIалтIизабиялъ къваригIараб хIасил кьолеб бугищ?

Къурбанов Ризван: «Дица гьаниб къуваталъул табдирал батIа гьарилароан. Къуваталъул тадбирал гурони гьениб цоги хIалтIи гьабулеб букIинги бихьулелъул нилъеда. Добго комиссия ракIалде щвезабуни, нижералъул хIалтIи тIолабго Шималияб Кавказалда тIибитIун букIана. Къуватин абулеб буго нужеца. Къуват хIалтIизабичIони кин асар гьабилеб гьел пикру хисизабурал ай запрограмировать гьарулал гъачагъазда?

Хасавюрт мухъалда цо хасаб операция гьабулеб бакIалда вукIана дун. Байбихьуда гьенир кIалъа-ралъаял гьарулел рукIана. Гьеб этапалда гьез чIвана ункъго низам цIунулев. Гьеб рукъалъул тIохда гьез видеокамераби лъун рукIун руго. Жал сверун ккуралгун хабар байбихьилалде рачIинахъего хасал тIадкъаял тIуралеб полициялъул ункъго хIалтIухъан ай спецназалъул чи чIвана гьез. Гьезул цоясул лъадиги йикIинчIо, нахъе бесдаллъун хутIана анлъго сон бараб лъимер.
Дица щай гьел мисалал рехсолел ругел? Къуват хIалтIизабичIого гьелгун иш гьабун бажарулареблъи бихьизабизе.

Къуват хIалтIизабичIого гьединалгун хIалтIи киб бихьараб нужеда гьабулеб Америкаялдайищ, Израилалдайищ? Европалда киб букIаниги бихьанищ нужеда гьезие лъикIаб бицунеб?
Аслияб къагIида хIисабалда къуваталъул тадбиразул хIажалъи кIудияб буго. Цоги иш буго гIолилал рохьахъе инчIого чIезари. Гьеб хIалтIи буго тIалъиялъ гьабизе кколеб. ГIемераб хIалтIи гьабизе ккола гьезие лъайкьеялъул рахъалъ. Масала Башкортостаналдаса Дагъистаналде рачIун рукIарал гIолилал ругоан диналдаса цIакъ рикIкIадал гIолилал. Мажгиталъул имамалги мадрасалъул директорги ахIун гьел гIолилалгун гьез хабар бицун хадуб гьезда рагIана сепаратистазул цониги сайталда гьечIеб, унго-унгояб ислам щиб кколебали баян. ГIадамаздехун букIине кколеб бербалагьиялъул, цоги диназул вакилзабаздехун букIине кколеб бербалагьиялъул. Гьелъул гьезда рагIараб жо гьечIоан. Гьезда лъалеб жо бугоан чIвазе, чIвазе, чIвазе ккола абураб жо. Гьезда кколеб букIана гьеб рагъулъ гьел хвани, гьел алжаналъуре ине ругин».

Чачан республика буго Кавказалда цебетIеялъул мисаллъун

ЭР: Шималияб Кавказ хутIараб Россиялдаса экономикиял рихьизариялъул рахъалъ нахъисезул кьерда бугин абизе бегьула. Гьениб экономикаги инфраструктураги цебетIезабуницин рес букIинчIищ гьенир ругел цо-цо суалалгIаги рагIалде рахъинаризе?

Къурбанов Ризван: «Шималияб Кавказалда, Дагъистаналдаги цоги регионаздаги кколелда хадуб нужеца хал кколеб батани, босе добго Чачанлъи, балагье гьеб цебе тIолеб бугеб куцалъухъ. Ахирисеб 5-10 соналда жаниб гьениб ккараб гIадинаб экономикияб цебетIей дунялалдаго букIинчIин рикIкIуна дица. Цо Дубай бегьила гьебгун дандекквезе. Гьединлъидал Шималияб Кавказ Аллагьасда кIочараб бакIалда бугин абилароан дица».

ЭР: Гьебго заманаялда нилъеда бихьулеб буго Россиялдаса гIадамал нахъе унел рукIин. Унел руго Чачаналъаги, Ингушетиялдасаги, Дагъистаналдасаги. Гьеб проблемаги цIунун хутIулеб бугелъул.

Къурбанов Ризван: «Миграциялда хурхараб суал дида лъикI лъала ва абила къватIиса рачIунел миграциониял чвахиязул рахъалъ Россия тIоцебесеб бакIалда батичIони, кIиабилеб бакIалдагIаги бугин. Щал рукIаниги Россиялдаса нахъе унел ратаниги гьел унел руго политикиял гIиллабазда гуреб экономикиял гIиллабазда бан. Гьезул къадарги гьанире рачIунезул къадаралдаса гIемерго дагьаб буго. Россиялде руго гIемерал гIадамал рачIунел. Масала чачаналъа гIадамал Европаялде унел ругин ва гьелъул гIиллаби политикиял ругин абизе гIемерго битIараб гьечIо».
XS
SM
MD
LG