МагъчIваялъе рес

ХиралъичIеб жого хутIичIо


Кванил нигIматазул багьаби кигIан цIикIкIун ругелин хал гьабулеб букIана прокуратураялъ гьал къоязда тIолабго Россиялда. Улкаялъул цо-цо регионазда кванил нигIматазухъ багьа 500-600% бахун батанин, лъазабуна прокуратураялъ. Дагъистаналдаги багьаби цIикIкIун руго чанго нухалъ ва багьаби жеги тIаде рачIинин, лъазабулеб буго экспертаз.

Кванил нигIматазул багьаби кигIан цIикIкIун ругелин хал гьабулеб букIана прокуратураялъ гьал къоязда тIолабго Россиялда. Улкаялъул цо-цо регионазда кванил нигIматазухъ багьа 500-600% бахун батанин, лъазабуна прокуратураялъ. Дагъистаналдаги багьаби цIикIкIун руго чанго нухалъ ва багьаби жеги тIаде рачIинин, лъазабулеб буго экспертаз.

Дагъистаналъул прокуратураялъ информалатаздасан лъазабухъе, багьаби рахиналъе гIиллаби руго, амма гIадамазда кколеб батани цо-цо нигIматазухъ багьа цIакъго хирияб бугин, прокуратураялде гIарза битIизе ккола гьез. Прокуратураялъ гьал къоязда МахIачхъалаялда ругел кIудиял тукеназда ва базаразда кинал багьаби ругелян халгьабуна.

18 тукеназул хважаинзабазе административияб гIакIа къотIун буго низам цIунулез. Гьел тукабазда багьаби гIемерго цIикIкIаралъун ратанин, лъазабуна прокуратураялъ. «Тукеназ кванил нигIматазул багьа, къануналда рекъон, бахинабизе бегьула 30%. Мисалалъе, тукеналъ кинаб-букIаниги нигIмат босана 100 гъурущги кьун, гьеб нигIмат тукеналъ бичизе бегьула 30% тIаде рехун, тIокIаб багьа тIаде бачине гьезул ихтияр гьечIо», - ян бичIчIизабуна низам цIунулез.

Амма тукеназул хважаинзабазул буго жидерго хIакъикъат. Мисалалъе, «Пятерочка» супермаркеталъул вакилзабаз абуна журналистазе, багьаби рахинариялъулъ жидер гIайиб гьечIин - рынокалъул экономикаялда рекъон цIикIкIинарулел ругин багьаби. Москваялдаса оптовиказухъа росулин кванил нигIматал ва гьезги къойидаса къойиде багьаби цIикIкIинарулел ругин, бицана тукеналда.

МахIачхъалаялъул 2-леб базаралдаги прокуратураялъе багьаби тIаде рахараллъун ратун руго. Ричарухъабазги абулеб буго жидеца оптовиказухъа босараб нигIматазул багьабазде тIаде бищун босани I0% рехулин. Ичарухъан Исбатил рагIабазда рекъон, гьелъ картошка босула оптовиказухъа килодухъ 28-30 гъурущги кьун ва бичула 35 гъурщидалъун. «Бащдаб лъагIелалъ цебе багьа букIана 15-20 гъурущ. Гьанже цIикIкIана ва цIикIкIинеги буго. Нижеца босулел чагIазги багьаби цIикIкIизарун ругелъул», - илан абуна Исбатица.

Статистикаялъул федералияб хъулухъалъул Дагъистаналда бугеб идараялъул сайталда лъун бугеб информациялда рекъон, араб соналъул ахиралда хиралъана гречка, ханал, чакар, чай, томаталъул консервал, нах, хIан ва гь.ц. нигIматалги. ХиралъичIеб жо хутIичIин абизе бегьула. Риидал рукIарал багьабазде дандеккун, декабралъул ахиралда ругел багьаби I5% рахун ругин абизе бегьула, статискиялъул хъулухъалъул информациялъул халгьабун хадуб.

Амма гьаб моцIалъул ахиралда ругел багьабазул халгьабуни, добго статистикаялъул хъулухъалъул лъазабиязда рекъон, 2-3% тIаде рачIун руго багьаби. Мисалалъе, декабралъул ахиралда 10 хоно жаниб бугеб лоток босизе бегьулеб букIана 63 гъурущги кьун, гьанжени гьелъул багьа буго 65 гъурущ. ХIайваналъул гьан декабралда босизе бегьулеб букIана 244 гъурущги кьун, жакъа къоялда босизе бегьула тIаде I2 гъурущги рехун. 45 гъурщидалъун босизе бегьулеб букIана чакаралъул кило, гьанже гьеб босизе бегьула 52 гъурущги кьун. Статистикаялъул хъулухъалъул баяназда рекъон, декабралъул ахиралдаса байбихьун январалъул ахир щвезегIан, багьаби хиралъун руго гIага-шагарго 5-I0 гъурщидалъун. Гьел багьабиги официалиял баяназда рекъон.

МахIачхъалаялдаса Джамиля Амировалъ «Эркенлъиялъе» абухъе, бичIчIулеб гьечIо щай багьаби къойидаса къойиде хиралъулел ругел. Учузал багьаби рукIунинги абун гIадамал базаралде уна, амма гьениб учузаб жого батичIин, бицана гьелъ.

Джамиля Амирова: «БитIун абуни, нилъер базаралда абизе бегьуларо учузаб бугин. Мисалалъе, цо-кIиго анкьалъ кваназе нигIматал росизе уней мехалъ, дица цадахъ босула 2-3 азарго гъурущ. Дир гьитIинал лъимал руго ва гьезие гIеч-пихъ ва овощал росула дица. Риидал гьеб гIарцул бащалъи гIолеб букIана. Цо-кIиго моцIидасан тIубараб харж ине батила цохIо кванихъ. Жеги бичIчIулеб гьечIо, щай Дагъистаналдаса пихъ гьадигIан хираго бугебали. Гьаниб бижараб жо учузаб букIине кколин, бичIчIулаха дида. КъватIиса рачIунел нигIматал росула гьелдалъун. Нилъеразде дандеккун, гьел учузалги руго ва базаралда гIемерги руго».

Кванил нигIматазул багьаби хиралъизе ругищ жеги? Экономист Михаил Чернышевас журналистазе абухъе, Россиялъул экономика долларалда бараб бугин абизе бегьула ва доллар хиралъанагIан нигIматазул багьабиги цIикIкIилаан.

XS
SM
MD
LG