МагъчIваялъе рес

Щай ХIажимурад ГIумаров партиялъул хъулухъалдаса махIрум гьавурав?


ЭР-лъухъе щварал баяназда рекъон, Дагъистаналда "Справедливая Россия" партиялъул нухмалъиялдаса махIрум гьавун вуго ХIажимурад ГIумаров. Республикаялъул тIалъиялъе оппозициялда чIарав чи хIисабалда лъала гьев.

Амма гьеб партиялъ гьабураб официалияб лъазаби жеги гьечIо. Рищиязда справедливороссазе гьаркьазул гIураб къадар кьелин ГIумаров нахъе реханиян, республикаялъул тIалъиялъ "Справедливая Россиялъул" бетIерав нухмалъулев Сергей Мироновасулгун гьабураб къотIилъун бичIчIулеб буго гьеб цо-цоязда.

Бицен гьабулеб хIужаялда бан баян къваригIун ЭР-ялъ телефоналдасан бухьен гьабулеб букIана ХIажимурад ГIумаровасулгун. Амма я гьес, яги МахIачхъалаялда тарав гьесул вакил Руслан Расуловас жаваб кьечIо. Гьединлъидал нижер радиоялъ бухьен ккуна «СР»-алъул цойги вакил Маматхан Байсултановасулгун.

Гьес бицана ХIажимурад ГIумаров нахъе рехулев вукIиналъул хIакъалъулъ жинда прессаялдасан цIалун лъанин. Амма бегьулароанин гьединаб хIукму гьабизе.

Маматхан Байсултанов: «Узухъда, кколаро гъов нахъе рехизе. Гъов вуго ГIабдулатIиповас (Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIипов – ЭР) гьабулеб бугеб мекъаб хIалтIуда данде вахъун вугев чи, халкъалъе кумекалъе къватIиве вахъарав чи (Аллагьасул рахъалъанги, гIадамазул рахъалъанги, Конституциялъул рахъалъанги). ГIабдулатIипов щай къватIиве вахъунарев (халкъалда кIалъазе)? ХIажимурадица гьабулеб жо битIараб буго. Гъов вухиги мекъса буго. Гьединан халкъ чIезе гьечIо. Гьале Конституциялда рекъон нижеца гьабизе къваригIараб митинг щуго нухалъ нахъбахъана. ХIакимзабазда лъалеб буго халкъ къватIибе бахъун хадуб (I0-I5 азарго чи) гьез жидер щивасда бадире килщалги ритIун нуж цIогьал ругин, хъачагъал ругин абизе букIин. Гьелъ биччалареб жо буго гьеб митингги.

ХIажимурад вуго халкъгун цадахъ вугев чи. Дида гьес бикъулеб жоги лъаларо. ГьабсагIат ГIабдулатIиповас гьабулеб жо мекъаб буго. Гъов ХIажимурад цIидасан вищулеб мехалда (исана февралалда букIараб «СР»-лъул нухмалъулесул рищиял – ЭР) нижер вукIана I00-I20 чи. Гьел чагIиги данде гьарун, ХIажимурад лъица вухаравин гьикъичIо гьес нижеда.

ХIажимурад нижеца кидаго цIунизе вуго, гьесул рахъги кквезе буго».

Дагъистаналда «СР»-лъул рахъкколел чагIаз харбал тIиритIизарулел руго ХIажимурад ГIумаров партиялъул нухмалъиялдаса рехизавиялъе квербакъанин Рамазан ГIабдулатIиповас. Кремлялдасан Сергей Мироновасде (Россиялда «СР»-лъул нухмалъулев) тIадецуйги гьабун. Исана сентябралда Дагъистаналда рукIинесел рищиязда справедливороссазе гьаркьазул гIураб къадар кьелин ГIумаров нахъе реханиян къотIи гьабун бугин республикаялъул тIалъиялъги "Справедливая Россиялъул» нухмалъиялъги.

ХIажимурад ГIумаров гьеб партиялъул нухмалъиялдаса рехиялъулъ Рамазан ГIабдулатIиповасул гIахьаллъи букIанищали жинда лъаларин, жив гьеб ишалъулъ вукIинчIелъулин бицана ЭР-ялъе тарихчи ва жамгIияв хIаракатчи Маркъо ШагIбановас. Амма гьеб хIужаялда тIасан пикру гьадинаб буго гьесул.

Маркъо ШагIбанов: «ХIажимурад ГIумаровги Дагъистаналъул парламенталда бугеб гьезул фракциялъулги данде кколеб букIинчIо, къацандулел рукIана ахираб чанго соналъ. Гьедин Дагъистаналда цониги бакIалда гьел бергьинчIо. ПалхIасил, Мироновасе гьесдаса хайир ккечIо, бетIер унти гуреб. Мироновасе къваригIинарищха киса-кирго жиндир вакилзаби бергьине, церетIезе. Нилъедайин абуни бихьулеб буго цониги бакIалда ГIумаровасул жо ккечIолъи. ТIадежоялъе тIокIалъ чIечIого букIана питна-хIурги. Щибниги хайирги гьчеIо гъосдаса. Дун Мироновасул бакIалда вукIаравани дицаги телароан гьединав чи. Гьединго ГIабдулатIиповасул бакIалда вукIараваниги телароан дица гьединав чи. Щайин абуни, тIалъиялъе гьабулеб критика букIине ккола конструктивияб – рачIайин нилъеца гьадин гьабизеян, щибниги дандбалеб гIадат букIуна. Гьебин абуни букIинчIо».

Гьаниб ракIалде щвезабизе ккола исана февралалда МахIачхъалаялда жив вуханин лъазабуна ХIажимурад ГIумаровас. Гьелъул гIайибги Дагъистаналъул бетIерасде гIунтIизабуна. Гьелъухъ гьесие тамихI гьабеян хъвараб ГIумаровасул гIарза буго диваналда.

XS
SM
MD
LG