МагъчIваялъе рес

ЦIикIкIунел руго Путинил цIар Гаагаягун бухьинабулел


Украина-Политикияб каррикатура, 22Июн2015
Украина-Политикияб каррикатура, 22Июн2015

Ахираб заманаялда гIемерал блогераз ва оппозиционераз хъвалел жалазде балагьун абизе бегьула гьезул ракIчIун бугин Гаагаялъул халкъазда гьоркьосеб трибунал Россиялъул президент Владимир Путинихъ балагьун чIун букIиналдайин. Жидерго пикраби баянал гьаризелъун гьез гьарулел руго цоги улкабазулгун ва гьезул лидеразулгун гьесул дандекквеял.

Инсанияталде данде гьарулел такъсиразухъ Россия жавабчилъиялде цIазе кколин абулеб магIанаялъул макъала кьун букIана «Вашингтон посталъги».

Улкабазул эволюция букIуна хехаб ва жинца кире рачунелали лъалареб.

Маршал Броз Титоца нухмалъи гьабулеб Югославия мисалияб улка букIанин абизе бегьуларо, амма, кин бугониги, машрикъалъул Европаялъул улкабазда гьоркьоб гьеб букIана бищунго эркенаблъун. «Социалистияблъун» рикIкIунеб букIаниги гьеб унароан кинабгIаги советияб блокалде гьоркьобе (Варшаваялъул къотIи-къай, СЭВ-экономикаялъул рахъалъ цоцазе кумек гьабиялъул шура ва гь.ц.) Гьедин хъвалеб буго ИNАЧЕ абулеб журналалъул редактор Вадим Штепаца. Гьесго хъвавухъе, Тито кинав вукIаниги гьесда бажарана Югославиялда федерация цIунизе. Гьебги гьес хIалалда цIунун букIинчIо, гьелъул гIаксалда, киназего бокьун букIана гьенире лъугьине. Косовоялъул албаназул Албаниялдехун цIайиго букIинчIо. Гьезие эркенаб Югославиялда бокьулеб букIана.

Тито хун хадуб Белградалда нухмалъуде вачIана сербазул национал-шовинист Слободан Милошевич. Гьес хIакъикъаталдаги биххизабула Югославиялъул федерация. Гьесул миллатчилъиялъул игIланал рокьичIо словеназеги, хорватазеги, босниялъулазеги, косовоялъулазеги, македониялъулазеги. Гьелъ рачана улка биххиялде...

Россиягун Югославия цоцазде дандеккуни, Борис Ельцин кутакав чи вукIинчIониги федеративиял кьучIал цIунун рукIана гьесул заманаялда. Владимир Путиница абуни байбихьана тIалъиялъул кьварараб «вертикаль» гьабизе. Гьедин абуни федерациялъул принципазде тIубанго дандекколаро. Гьелде тIадеги Путиница байбихьана мадугьалихъ ругел улбаказде тIадекIанцIиял гьаризе.

Сундеха гьеб киналъго рачине ругел?

Милошевичасул къоялги Гаагаялда лъугIанин хъвалеб буго ИNАЧЕ абулеб журналалъул редактор Вадим Штепаца.

Украиналда кризис хIалуцанагIан цIикIкIунел рукIана Путинил цIар Гаагаягун бухьинабулел гьаркьал.

Путин Гаагаялъул трибуналалде кьезе гьал къоязда лъилниги кинабгIаги ихтиярал гьечIо.

Я Россиялъ, я Украиналъ, я Америкаялъ жидедаго тIад рикIкIунаро Гаагаялъул халкъаздагьоркьосеб диванханаялъул юрисдикция. Гьез ратификация гьабун гьечIо гьелъие хIажатаб къотIиялъул ай Рималъул статусалъул.

Америкаялъул щуго президентасул администрациялда хIалтIарай ва Америкаялъул Пачалихъияв секретарь хисулесул хъулухъалдаса хIалхьиялде арай Пола Добрянскиялъ «Вашингтон посталда» хъвараб макъалаяда абулеб букIана гьединаб ахIвал-хIалалдаса рорчIизе нухал ругин. Украиналъ Гаагаялъул диванханаялъе кьун буго Виктор Януковичил режималъул (2013 соналъул 21 ноябралдаса 2014 соналъул 22 февралалде щвезегIан) такъсиразул халгьабизе ихтияр.

Добрянскиялъул пикруялда, рес буго Киевалъ гьеб мандат Украиналъул машрикъалъул рахъалда рагъал унел заманаялде щвезегIан гIатIид гьабизеги. Улкаялъул бетIерасде данде ишалъул цIех-рех гьабизе ккани Гаагаялъул трибуналалъул ресал цIакъ мукъсанал ругин рикIкIунеб буго гьелъ.

Амма гьединал мисалалги рукIун руго 2008 соналда Суданалъул президент ГIумар аль-Баширида гIунтIизабулеб букIун буго геноцид гьабиялъул гIайиб. Гьесдаса гьеб жеги бахъунги гьечIо, амма гьев кквезе кодове щолев гьечIо. Инсанияталде данде такъсирал гьариялъул гIайиб гIунтIизабулев вукIарав Кениялъул политик Ухуру Кениата гьебго заманаялда вищун вукIана улкаялъул президентлъун. Хадусан гьесдаса гьел гIайибал нахъе рахъун рукIана.

Щибха гьабун лъикI диктаторазе? Рес буго гьелгун къотIи-къаял гьаризе. Масала жалго хъулухъаздаса нахъе ани диваналде цIаларин абураб. Гьединал мисалалги рукIана. Гаитиялъул президент Жан-Клод Дювалье ва Филиппиназул президент Фердинанд Маркос 1986 соналда Вашингтоналъул тIадецуялдалъун ун рукIана хъулухъаздаса. Дювальеца жиндирго миллионалгун чIей гьабун буго Франциялъул Ривьералда, Маркосица жиндие хутун букIараб лъабго сон бала Гавайязда.

Гьединго ракIалде щвезабизе бегьула президент Джордж Буш-васас ГIиракъалъул президент Саддам ХIусение телевидениялъул чIагояб эфиралдасан гьабун букIараб цебелъейги. Саддам къабул гьавизе разиял улкабиги доб мехалда дагьал рукIинчIо.

Украиналъул конфликталда хурхун Минскалда гьарурал къотIи-къаязда буго «тIаса лъугьиналъул хIакъалъулъ» абулеб бутIаги, амма Путингун гьесул сверухълъи гьеб амнистиялде гъоркье кколелищали лъалеб гьечIин рикIкIунеб буго Эркенлъи Радиоялъул гIурус хъулухъалъул Вашингтоналда вугев эксперт Владимир Абариновас.

XS
SM
MD
LG