МагъчIваялъе рес

ГI. Набиев: «Дун божула «рохьилазулгун» хIакимзабазул бухьен букIанин абуралда»


МахIачхъала бакьулъ республикаялъул тIалъи Бергьенлъиялъул къо кIодо гьабизе хIадурлъулел ругебгIан заманаялъ, шагьаралъул рагIалдегIан низам цIунулез хасаб операция тIобитIана.

Гьениб, гIемертIалаяб минаялда жанир рахчун чIарал лъабгоязул рахъалъ балъгояб баян щун бугоан гьезухъе. Радалго къан рукIана гьенире рачIунел нухалги – ХIамидовасул, Зоя Космодемьянскаялъул, Темирязевасул цIаралда ругел, гьединго Сулакская абулеб нух. Минаялда жанир рахчун ругин абулеб букIана МахIачхъалаялъул такъсирияб къокъаялъул аслиял гIахьалчагIи - Бегов Заурги, ХIасанов Абумуслимги, Идрисов Мирзабегги. Гьез инкар гьабун буго кверде рачIине. Цинги цо заманалда чIужугIадан ячIун йиго. Гьей Идрисовасул лъади кколин абулеб буго.

Гьений гIагарлъухъ гIумру гьабулей Раисатица гьадин бицана ЭР-ялъе.

Раисат: «Квешаб кьвагьи бахъана гьаниб, «Марракешалда» (банкетал гьарулеб зал – ЭР) аскIоб. Салютал риччалеб гIадаб кьвагьи. Цо-цо халкъ гъобехунги ун букIана балагьизе. Гьединал жалазда хадуб халкквезе бокьулеб халкъги букIунарищха. Гьаниб сверухъ кIкIуй букIана бетун, нижер рокъоб жанибгицин гьелъул махIги букIана. Радалго байбихьанин эб хасаб операцияйин абулеб букIанаха. Рокъор жанир рахчун чIун ругила эл чагIи – боевикалищ, вагьабиялищали. КъватиIре рахъунарого рукIун, гьел жанир ругеб бакI кьвагьулеб букIанин ккола. Нухалги рукIана къан. Гьаб нижер къватI добе, ГАИялъул посталде щвезегIанго къан букIана. Нижехъе рачIунел гьалбалги нух щоларого, таксиялда анисан-дорасан сверун рачIана».

Дагъистаналда цо заманалда гьоркьор къотIун рукIарал хасал операциял гьанже цIи гьариялъе гIилла Кремлялъул политика хисиялда базабулеб буго адвокат НурмухIамад МухIамадовас.

НурмухIамад МухIамадов: «Кремлялдасан хисула Россиялъул политика, гьединго хисула низам цIунулезул хIалтIиги. Гьеб бугин кколаха дида гьел операциял цIилъиялъе гIилла. Церейищ гьел лъикI хIалтIулел рукIарал, яги гьанжейищин абуни, лъикIилан кинха абилеб? Пачалихъалъе зарал бугел чагIи, гьабун хасаб операциягун тIагIинарулаха. Амма ахираб заманалда гIайибго гьечIел чагIи багьанабиги ратун (патронал рехун яги цогидаб ургъун) тамихIалде цIалел руго. Гьелъ рахIатхвезабулеб буго жамагIаталъул. Щайин абуни, гьелдалъун холел руго Россиялъул конституциялъул рихьизариял, гIадамазул ихтиярал, халкъазда гьоркьосел къотIи-къаял. Гьединлъидал унголъунги гIайибиял чагIи тамихIалде цIалел рукIаралани, гIайиб гьечIелги жалго тун, киналго тIад рекъелароанищха хасал операцияздаги цогидалдаги».

ЭР: «Низам цIунулез битIараб гьабулеб бугониги, гьел меъки ругин абураб пикруйищ дур кколеб бугеб?»

НурмухIамад МухIамадов: «БитIараб гъоз гьабулеб бугониги, гьениве гьоркьове гIезегIан чи кколев вуго гIайибго гьечIевги. Гьезие зарал кколеб буго, мадугьалзабазе кколеб буго гьединго зарал. Минаби рухIулел руго, риххизарулел руго. Нилъ гражданияб жамгIият гIуцIулел ратани, жиб-жиб жоялъе букIине ккола диваналъул хIукму. Гьеб хIукму гьечIого гьабураб жо бокьараб къануналда данде кколаро – Россиялъулги къватIиса пачалихъазулги. Нилъеда гьбе жо хъваларин кканиги, щивасда хъвала – хъулухъалда вугесдаги хъвала, гьечIесдаги хъвала. Гьедаса квешаб жо букIунаро. ГIадамасул ихтияр хола, хIинкъи-къай цIикIкIуна, гIадамасул эркенлъи хвезабула къанун хвезабиялъ».

Дагъистаналдаса инсанасул ихтиярал цIунулев ГIисалмухIамад Набиевас ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда абуна, жиндир хIисабалда, республикаялда хасал операциял гьоркьор къотIараб заманго букIинчIин.

ГIисалмухIамад Набиев: «Дида гьеб кьвагьа-гIанхъи гьоркьоб къотIараб заманго лъалароха. ТIагIун буго унголъунги дол нилъеца «рохьилалин» абулел чагIаз гьабулеб хIалтIи. Жибго низам цIунулезул оперативияб хIалтIи цIикIкIун батила. Дозухъе информация гьанже цIикIкIун щолеб батила, гьезда гьеб бицунел чагIиги гIемерлъун ратила».

Ахираб заманалда низам цIунулез гIемер лъазабиял гьаруна жидеца изну гьечIого яргъид гIуцIаразул нухмалъулел чIванилан. Масала, «Имарат Кавказ» гIуцIиялъул цевехъан ГIалиасхIаб Кебеков.

Низам цIунулез росулел бергьенлъабазул магIна гьадин бичIчIулеб буго ГIисалмухIамад Набиевасда.

ГIисалмухIамад Набиев: «Абулеб букIинчIищха изну гьечIого яргъид гIуцIаразулгун бухьен букIанин хIукуматалъул чагIазулилан. Дун гьелда божула. Гьанже тIалъи хисун бугелъул, къотIун батилаха гьеб бухьен.

Экспертазул рагIабазда рекъон, ахираб заманалда Дагъистаналда, гьединго Шималияб Кавказалда ахIвал-хIал цебеялда дандеккун дагьабго гIодобиччан буго. Щайин абуни, цо рахъалъ Россия къувалъулеб буго. Цогидаб рахъалъ, жалго изну гьечIого яргъид гIуцIаразда гъорлъги руго рикьалаби кколел. Масала, «Имарат Кавказалда» гъорлъ рукIарал чагIаз гьа бан рагIула «Исламияб пачалихъалъе». Гьединго экспертаз абула цIакъго хIинкъи цIикIкIаралин рикIкIунел нухмалъулелги чIван загIиплъун ругин изну гьечIого яргъид гIуцIаралги.

XS
SM
MD
LG