МагъчIваялъе рес

ЦIалул идарабазда ришватчилъи


Гьал къоязда Дагъистаналъул техникияб университеталда ккуна ришват босулел мугIалимзабазул къокъа. Гьедин лъазабулеб буго жанисел ишазул министерлъиялъул вакилас. Кинаб бугеб гIаммаб къагIидаялъ цIалул идарабазда ришватчилъиялъул проблема, сунда гьеб бараб бугеб, кин къеркьезе кколел ришватчилъигун?

Полициялъул лъазабиялда рекъон, мугIалимзабаз ришват босулеб букIун буго студентаздаса экзаменазухъ ва цоги цIалул заманалда гьарулел бигьалъабазухъ. Жидерго хIалтIухъ гьез босулеб букIун буго чанго анцIазарго гъуруш гIарац. ГьабсагIаталда ккун вуго Дагъистаналъул техническияб университеталъул декан. Гьес 25 азарго гъуруш гIарацги босун цIализе восун вуго цевеккун рехсараб университеталдаса нахъе къотIарав студент.

Гьединго ккун вуго МахIачхъалаялда бугеб Москваялъул юридическияб академиялъул филиалалъул хIалтIухъан. Гьев вукIун вуго рехсараб цIалул идараялъул нухмалъулев хисулев. Гьебго цIалул идараялъул методист ккун вуго 30 азарго гъуруш гIарац ришват босиялъухъ.

Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялда «Эркенлъи» радиоялъе лъазабухъе, гьабсагIаталда рехсарал лъугьа-бахъиназда рекъон материал бакIарун буго, уголовияб хIалтIи рагьиялъул суалалда тIад хIалтIулел руго цIех-рехалъул комитеталъул хIалтIухъаби. ГIагараб заманалда гьелдаго релълъарал къватIирчIваял рукIине бегьула цоги республикаялъул цIалул идарабаздаги, гьеб рахъалъ кIудияб хIалтIи унеб бугилан тIадеги жубана.
Гьелда хурхун информалатазда ва блогосфераялда гIемер пикраби загьир гьарулел руго. Щай цIалул идарабзда ришватчилъи тIегьалеб бугеб, кинал ругел гьелъие гIиллаби абураб суал кьуна нижеца Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул мугIалим Саидов Садикъие.

Саидов Садикъ: «Пачалихъалъ жинцаго тIамулел руго мугIалимзаби ришватал росизе. Щайгурелъул гьезул руго цIакъго дагьал харжал. Советияб пачалихъалъул заманалда гIадин харжал кьолел рукIаралани ришватчилъи гIемер дагьлъилаан. Доб мехалъ букIараб даражаялде борхизабизе ккани харж, гIага-шагарго гьелъул къадар букIине ккола 40 азарго гъуруш. Гьанже абуни гьеб 4 нухалъ дагь буго. Ришват босичIого гьесул рес гьечIо, гурони гьесда хIалтIун ва гIумру гьабун бажаруларо. Гьеб система цебегоялдаса нахъе щулалъун буго, гIадамазул психологиялдаги гьединаб пикру щулалъун буго ва гьеб ришватчилъи чIезабизе кIоларо гIагараб заманалда жаниб. КIиго нухалъ харжал рорханиги гьелъ проблема роцIцIунаро. Амма дагь-дагьккун къеркьечIого жо кколаро. ЛъикIазе квербакъи гьабун, гIайиб ккарал жанир лъезе ккола. ГIурусаз абухъе, цIалги гургаги хIалтIизабизе ккола. ЦIалул идараялъул нухмалъулезда бараб жоги дагьаб гурони гьечIо, гьез жиндие пачалихъалъ бихьизабуралдаса цIикIкIун гIарац кьезе бегьуларо мугIалимзабазе. Кинабго буго дагьал харжазда бараб».

ЦIалул идарабазда хIалтIулел ялъуни цIалулел, кинаб бугониги гьеб рахъалде бухьен бугел гIадамаз цо кIалалъ гIадин бицунеб буго жибго лъайкьеялъул системаялда гуреб, гIадамазул гьоркьорлъабазда, жамгIияталда билълъараб хьвада-чIвадиялъул низамалда бараб бугин ришватчилъи. Мисалалъе, Дагъистаналъул медикияб академиялъул мугIалим Зарема Сурхаевалъул пикруялда рекъон, эбел-инсуе ва студентазе къваригIун гьечIо лъай. Щайгурелъул жамгIияталъ лъай бугев чи тIалаб гьавулев гьечIо. Пачалихъиял идарабазда хIалтIулел руго аслияб къагIидаялъ лъай бугел гуро, щулиял гIагарлъиялъул ялъуни гьудуллъиялъул бухьенал ругел чагIи. Гьединлъидал, лъай гьечIел лъималги ругони, гIарац къваригIарал мискинал мугIалимзабиги ругони, гьезул цояз гIарац кьечIого, кIиабилез босичIого рес гьечIо.

Лъайкьеялъул системаялда тIаса, ЕГЭялъул хIакъалъулъ гIемер хъвадарулев блогер МухIамад Мирзаевасул пикруялда рекъон, ришватчилъиялда данде цохIо цIалул идараялда къеркьезе кколаро. Жиндирго блогалда гьес гьадин хъвалеб буго: «ЦIалул идара ккола жамгIияталъул цо бутIа. ЖамгIияталда ришватчилъи бугебгIан мехалъ гьеб цIалул идараялдаги букIине буго. ГIемерисел цIалул идараби нахъе ккун руго жибго жамгIияталъул гIумруялдаса. Нахъе ккун буго лъайкьеялъул системаги. ЦIалул идарабазда малъулеб жо гIумруялъулъ батулеб гьечIо. Малъулеб буго гIемераб ва хIажат гьечIеб жо. Гьеб бичIчIулеб буго киназдаго ва гьез цIалиялде кIвар кьолеб гьечIо».

Кин къеркьезе кколел гьеб проблемаялда данде абураб суалалъе жавабги гIемерисезул цоцада релълъараб буго. Аслияблъун рикIкIунеб буго харжал цIикIкIинари. Гьелдаго цадахъ кIвар бугеблъун рикIкIунеб буго пачалихъалъул даражаялда ришватчилъиялда данде рагъ лъазаби, пачалихъияб пропаганда. ЦIалул идараялда жаниб цIалул заманги дагьлъизабун, практика цIикIкIинабизе кколиланги бицана чанго чияс.
XS
SM
MD
LG